Ссылки для упрощенного доступа

Панамаялъул Mossack Fonseca абураб компаниялда чIухь бан буго


Документазул кIудияб къадар къватIиб чIвазабиялда бан, шамат къоялда Панамаялъул Mossack Fonseca абураб юридикияб компаниялда чIухь бан буго.

Компаниялъ жиндего гIунтIизарулел киналго гIайибал нахъе чIвалел руго, гьелъ аза-азар компаниязе офшоразда магъалаби кьечIел яги жиндилъ бацIалъи гьечIел гIарцазул къуди-къудиял къадарал рахчизаризе кумек гьабун букIин баянго бихьулеб букIаниги.

Mossack Fonseca компаниялда хурхараб гъалмагъиралъе гIоло жиндирго хъулухъалдаса нахъе ана Исландиялъул премьер-министр.

XS
SM
MD
LG