Ссылки для упрощенного доступа

7 апрелалда ОБСЕялъул Минскалъул тIолабго къокъа щвезе буго Степанакерталде


7 апрелалда ОБСЕялъул Минскалъул тIолабго къокъа щвезе буго МугIрузул Гъарабахалде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна «Русская служба новостей» радиоялъе лъиданиги бачIеб пачалихъ хIисабалда лъицаниги къабул гьабичIеб МугIрузул Гъарабагъалъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Ани Саргсяница.

Халкъаздагьоркьосеб къокъа дандчIвазе буго президент Бако Саакянгун Степанакерталда.

5 апрелалда Венаялда ОБСЕялъул Минскалъул къокъаялъ тIобитIана МугIрузул Гъарабахалда ахIвал-хIал хIалуциналда хурхун хасаб данделъи. Дискуссиязда гIахьаллъана Минскалъул къокъаялъул нухмалъулеб «лъабилаб» - Россия, Франция ва Цолъарал Штатал.

Минскалъул къокъаялда гъорлъ руго гьединго Белорусалъул, Германиялъул, Италиялъул, Швециялъул, Финляндиялъул, Туркиялъул, Армениялъул ва Азербайджаналъул дипломатал.

XS
SM
MD
LG