Ссылки для упрощенного доступа

Шамил Имамасул васасул вас ва нацистал


СагIид-бей Шамил
СагIид-бей Шамил

БукIанищ-букIинчIищ Сибиралде ритIарал цо-цо Кавказ миллатазул бухьен нацистазул Германиялъулгун?

СагIид-бейил ракIалде щвеял
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:16:00 0:00
Загрузить файл

Йохъилан абуни, мекъи ккезе буго, амма «бегьулищ гьеб гIайиблъун рикIкIине жибго Совет Союзалъул къватIисел ишазул нарком Вячеслав Молотовас жиндирго Германиялъул коллега Риббентропицагун къотIи гьабун бугони»?

Сталинил барки
Сталинил барки

Хасго гьадинаб суал кьун букIана Шамил имамасул васасул вас СагIид-бейица Германиялъул командованиялъул вакилзабазулгун букIараб данделъиялда. Хадуб гьесулги Кавказулъул цогидал хIаракатчагIазулги ракI буссинабун букIана. Гьезда хехго бичIана жидерго миллияб эркенлъиялъул тIалаб-агъаз гьабулаго, нацистазда хьул лъезе бегьулареблъи.

Нижеца кьолеб буго турк мацIалъ хъвараб, я гIурусалъ, яги авар мацIалъ жеги загьирабичIеб гьесул ракIалде щвеязул цо кесек. Гьеб гьесул макъала хъван буго гьудуласухъе битIулеб кагъат хIисабалда.

СагIид-бей

ГЬУДУЛАСУХЪЕ КАГЪАТ

Германиялъул аскариял Кавказалдехун унеб мехалъ хlукму гьабун букlана гьезул къилбаялъулаб хьибилалъул хасаб хъулухъалъул нухмалъулевгун дандчIвазе.

Дун Варшавалде ана цадахъ хIалбихьи бугев генерал Бичераховги вачун. Нижеца сордо бана «Бристоль» петералда. Радал нижее баян гьабуна сагIат анцIгоялда дандчIвай букIинин.

Дида цеве чIана гьоркьохеб черхалъул полковник.

Гьев циндаго кlалъана гIурус мацlалъ ва гара-чlвариялъул байбихьудаго тохлъукье кьуна гьадинаб суал:

– Битlараб бугиш нуж нижехъе рачlиналде Парижалдегун Лондоналде щвей?

Дида бичlана, АхIмад Набидагун Алиханида бажарун букlин гьев дида дандечlаравлъун гьавизе.

Гьеб чlванкъотlараб суалалъе жаваб кьезе дица хlукму гьабуна тlатун гьелдаго релъун:

– Хlурматияв полковник! Нижер буго гьадинаб кици: «Тушманасул гьудул тушман вугин» абун. Баян гьабила, нижер цо вуго тушман – большевиказул Россия. Нуж гlурусазулгун чалухлъи хlалтlизабулел рукlаго нижги ана гьенире гьалмагъзаби ралагьизе. Гьезда данде рагъ гьабизе нужеца хlукму гьаби лъарабго, хехаб куцалда Берлиналде рачlинеги хlукму гьабуна.

Гьесда ракlалда букlун батиларо, дица гьев дандечlун бажарулареб жаваб гьабилин. Гьес цоги макрояб суал дие кьуна:

– Гьеле нуж гьенире ана ва лъалеб батила, кинаб пикру бугеб нижер хlакъалъулъ ингилизазул?

– Хlурматияв полковник! Германиялъ Россиялде гьужум гьабиялдаса ингилизал рохана цо къадаралда, гlурусал рохарал гlадин, Япониялъ Китаялде гьужум гьабун.

Гьанже ирга щвана цоцада гlайиб чlвай жибго тезе, рихиналъе ва мекъса бичlчlиналъе гlилла хутlичlо. Дица бицен къотlизе течlо:

– Хlурматияв полковник! Рагъулаб къуваталъул хlукуматазе, Германия ва Япония гlадал, Россия ва Китай гlадин хlинкъи цlикlкlарал, тlиногьечlел, хlал дагьлъизабулел хьуцlал тlокlал гьечlо. Дие захlмат буго бицизе кинаб хlал гьанже бугеб Китаялда. Россиялъул империялда абуни гlемерисел руго гlурусал гурел. Гьеле гьел руго бищун божи бугел нужер рагъулал гьалмагъзаби.

Рагъулаб хlалтlуде байбихьизегlан, хlажат букlана гьел хlадур гьаризе. Амма нужеца гьел сан гьабичlого тана. Гьанжеги нуж махlрумлъун гьечlо гьелъие рес букlиналдаса, амма цlидасан сан гьабулеб гьечlо. Тамашалъи буго, кинаб гlилла гlелъие бугеб, дида гьеб бичlчlулеб гьечlо?

– Щиб нужее бокьараб?- ян гьикъана полковникас.

– Цадах рагъизе ва рагъулаб нилъер гьалмагълъи щулалъиялъе – бокьун буго ярагъ ва кумек.- ян жаваб кьуна нижеца.

Божигьечlого гьес дида гьикъана:

– Киб бугеб жавабчилъи тlаде боси, нужеца гьеб ярагъ нижеда данде бусинабиларилан?

Дида хlехезе кlвечlо:

– Хlурматияв полковник, нижеца къадги къасиги гьарула тlадегlанасда Россиялда ва Германиялда гьоркьоб тушманлъи дагьлъичlого цlикlинабиян. Щай гурелъул нижеда лъала, гьеб Россиялъул херлъараб къаркъала ахирги хвезе буго, кида бугониги кlалагъоркъе речlун нижги чlинтlизарила.

Кигlан бокьичониги полковникасулгун кlалъай кидаго унеб букlана гьеб нухдасан. Ниж кlалъана кlиго сагlаталде гlагарун, амма нижер пикраби гlагарлъичlо.

Кlалъаял лъугlиналде цебе, дица гьарана гьесда кумек гьабеян дандчlвазе дир ракьцоялгун Варшавалда. Гьеб мехалъ гьоркьове жувана нижеда цадахъ вукlарав хlалтlухан ва лъазабуна ниж къаде кванараб сагlат инзе кколилан. Дун гьелъ пашман гьавуна.

– Гьелдаса хадув кин кlвелев дида гьезул бадиве балагьизе. Дида кlвана гьаниве швезе, дида кlоларо шагьар тун инзе, дирго гьалмагъзаби рихьичlого. Дие щиб кканиги, дица гьеб тlалаб гьабула.

Полковник, алман мацlалъ къокъго данде къотун рагlиги рехун нижеда цадахъ вукlарав офицерасе, балагьана нижеде:

– Нужее гьалмагъзаби рихьизе бокьун батани, бегьула чlезе. Дун, разилъун, тlаде вахана ва нуцlихъе щвезегlан гьев тlовитlана.

Хадуб, дунги Бичераховги нижго хутlараб мехалъ, дица цlехана гьесда, кинаб пикру бугеб досул гьаб киналъулгоян.

– Бищун ахирисел рагlаби хутlун, дандчlваялъе дос разилъи кьурал, кинабго дос бицараб дие бокьичlо.

Алман мацl лъаларого, захlмат буго щибниги чlван къотlун абизе. Амма, гара-чlвариялда араб заманалъухъ балагьун, кlалъай пайдаяблъун лъугьанин ккола. Цогидаб рахалъ, досда таваккалго абизе кlвечlо «Гьав бахlарчияв гlадан. Те, дандчlвазе гьалмагъзабигун. Нуж инзе бегьула метерги» - ян.

Кин букlаниги, мурад, мухlканго тlубачlого тlадруссана ниж. Берлиналде щвейгун нижеда гьалмагъзаби ратана балагьун чlун.

Фюрерица жиндирго резиденциялде Розенберггун граф Шуленбург ахIизе тlалаб гьабуна. Цебе чlун букlана кlвар бугеб кlалъай. Киназго хьул гьабун букlана Шуленбургида, щай гурелъул армиялъ ва СС-алъ рахъ кколеб букlун къватисел ишазул министерствоялъул хlукмуялъул.

Лъаларо, ахиралде кинабго лъугьана данде чlараблъун нижер мурадазда.

Фридрих Шуленбург. Москваялда нацистазул Германиялъул илчи.
Фридрих Шуленбург. Москваялда нацистазул Германиялъул илчи.

Фюрер гlенеккана цохlо Розенбергихъ ва къабул гьабуна гьесул цебелъей. Гьес анишлъун гьабуна тlобитlизе кинабго Розенбергие бокьараб. Шуленбургил хlакъалъулъ абуни, гьев гьадинго къвалакь папкагун нахъе къан вукlана. Рекlеда унтана…

Щиб гьениб абилеб, кватlарав Гитлерица тlаса вичlинчlого тlамулел рукlана цlодорлъи гьечlел галаби цого политикаялъулъ гурел ва бацlцlадго рагъул масъалаби тlуралагоги.

Гьединаб букlана къисмат Германиялъул гьаб нухалъги – рагъда къей хlехьезе, киналго камиязухъ балагьичlого.

Дун пикроялда вукlун ана Шуленбургихъе. Гьев лъалеб куцалда вукlана цим бахъун. Дица мун щвезавила СС-алъул вакилзабазухъе. Божула гьез дур ракl бекизе гьабунгутlиялда.

Гьеб мехалъго гьес телефоналъ ахlана Гиммлерил кумекчиясухъе. Бихьизабураб заманалда дида хадуб машина бачlана ва дун щвезавуна Берлиналда гъоркье цlакъго берцинаб минаялде.

Гьес лъазабуна «Кавказалде армия гlагарлъиялъ хlажат буго цебеккунго цадахъ хlалтlи гьабизе, хадуб гьабулеб нилъер иш щулалъиялъе, хlакъикъиял ахирисел шартlалги хlисабалде росун. Гьелдалъун дица мун щвезавила СС-алъул официалиял вакилзабазухъе».

Гьедин дир лъай-хъвай ккана цоги СС-алъул офицерасулгун, амма дида гьев цевеги вихьун вукlанамиллиял социалисталилан жалго рихьизарулел гуржиязул, гьелгун гьев вукlана хважайинлъиялъул гьудуллъиялда.

Гьев къадру гьечlеб тайпа, вукlана гьадинго хlехьезе захlматавлъун жиндирго бецаб божиялъе, сундулъго мустахlикълъи гьечlев, СС-асул цlар гуреб.

Гьалмагъзабазулгун гlакълу дандбаялъ, дида бичlана гьел хlадурал рукlин щиб кканиги тlадрусине ватlаналде. Киналдасаго хехго, гьез диде щвезегlанго, гьесгун цадахъ хъулухъ гьабун буго.

Гьураздагlаги кlварабани дир ракl кодобе босизе, бер къапизегlан дун Туркиялде тlадвуссинавизе, дица гьенир ракlарилаан цо-кlиго къукъа дие къваригlарал офицеразул ва хlукуматалъул чин бугел хъулухчагlазул.

Гьеб заманалда мекъазда жеги бажарун букlинчlо цlикlун буюрухъ гьабизе. Киназулго -хераздаса байбихьун гlолохъабазде щвезегlан - букlана тlадегlанаб миллияб бичlчlи буголъи, Ватlаналде ракlшвей. Гьанжейин абуни гьелъул щибго хутlун гьечlо.

Дица рикIкIана бищун битlараб нухлъун - тlадвусине нахъе.

Тlадвуссиналде цебе дица ракl-ракlалъ баркала кьуна Иерусалималъул муфти Аман ал-ХIусение ва граф Шуленбургие дидехун кьураб кlваралъухъ ва дие гьабураб кумекалъухъ.

Хадусеб рогьалил гlужалъ дун ана вокзалалде ва пашманаб хlалалда къо-мех лъикl гьабуна дирго гьалмагъзабазулгун, СС-алъул формаялъулъ накlлъурал.

Хадув, цlикIкlун пашманлъун ва низам биххун, ккуна бакl Машрикъалдехун хехго унеб поездалда ва ана Истанбулалде. Гlажаибго данде ккун дир мадугьалихъ бугеб купеялда вукlана адмирал Дениц.

Адмирал Карл Дениц, Германиялъул рейхпрезидент
Адмирал Карл Дениц, Германиялъул рейхпрезидент

Ниж гьевгун гаргадулаан тlолабго нухда. Югославиялде щвезегlан нижее бажарана гьудулзабилъун лъугьине.

Гьев ун вукlана Адриатикаялда лъадада гъоркьан иш гьабулеб флоталъул инспекциялде.

Гьеб мехалъ нижер цонигиясда лъалеб букlинчlо, хехго букlинесеб, гьесда цебе чlун букlин Гитлер хисизе, гьелдалъун бакlаб гьирги жиндирго гъуждузде босун.

Хlасил кинабго баянлъана. Мюнхеналъул къотlабаздаса хадур ричlчlарал гlемерал гъалатlазул хlасилалда ахlмакъав Гитлер рагъда къуна.

XS
SM
MD
LG