Рузман къоялъул къаси «Радио Эркенаб Европа-Радио Либерти» корпорациялъул Москваялда бугеб бюроялъул бетIерасухъе рачIун, жал НТВ телекампаниялъул журналисталин ругин абурал гIадамаз гьесда гьарана напсияб хасияталъул цо-цо баянал кьеян абун.
Бюроялъул бетIерас гара-чIвариялдаса инкар гьабун бугониги, гьел гIадамаз гьесул рукъалъул кIалтIа чIун, къасд гьабулеб букIана хъвай-хъвагIай гьабизе. Гьез тIалаб гьабулеб букIана Эркенлъи радиоялъул ГIурус хъулухъалъул вукIарав пуланав журналистас жидехъе кьураб информациялда тIасан баян гьаби.
«Радио Эркенаб Европа-Радио Либерти» корпорациялъул бетIерав редактор Ненад Пейчица гьелда бан абуна, гьеб бугин хIинкъи кьеялъул чорокаб хIужаилан.
Ахираб заманалда НТВ-телеканалалъ Россиялъул оппозициялъул вакилзабазда бан чанги нухалъ диффамациялъул кампания гьабулаан.
Цо анкьалъ цебе «Вести недели» абулеб жиндирго программаялде гъорлъе Дмитрий Киселевас жубана «Радио Эркенаб-Европа-Радио Лъиберти» корпорациялъул журналистал – къватIисел улкабазул агентал хIисабалда бихьизабулеб сюжет. Гьел ругилан Россиялъул Федерациялъул интересазде данде хIалтIулел.
Радио Эркенаб Европа- радио Либерти корпорациялъул бюро Москваялда хIалтIула 1991 соналдаса байбихьун.