Ссылки для упрощенного доступа

Москва Савченко хисиялъул бицине хIадураб гьечIо


Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул официалияй вакил Мария Захаровалъ «Россия – I» телеканалалъе интервью кьолаго лъазабуна, Украиналъул пилот Надежда Савченко Киевалъухъе кьеялъул бицен гьабизе гьечIин, гьелъул ишалда хурхун, диваналъ жиндирго тамихI къотIизегIанин.

АрбагI къоялда Украиналъул президент Петр Порошенкоца тIоцебесеб нухалда лъазабун букIана, жив хIадурав вугин Савченко хисизе, Москваялъ гьединаб цебелъей гьабулеб бугониян. Гьесулго рагIабазда, гьанжелъезегIан гьединаб цебелъей лъицаниги загьир гьабун букIинчIо.Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабуна, Кремлалда рагIанин Савченкода хурхараб Порошенкол лъазабийин.

XS
SM
MD
LG