«Сколково» проекталъул гIарац хвезабиялъул гIайиб жинде гIунтIизабурав Илья Пономаревасул адвокатаз гIарза кьун буго Европаялъул инсанасул ихтияразул диваналде гьев гьечIого гьесие лъазабураб аресталъе протест загьир гьабун.
Гьелъул хIакъалъулъ Фейсбукалда хъвай-хъвагIай тун буго адвокат Мария Бастица. Гьелъ лъазабулеб буго, Пономаревасда хурхун рагьараб такъсирияб ишалда гъоркь политикияб кьучI бугин.
«Справедливая Россия» фракциялдаса депутат Илья Пономарев махIрум гьавуна депутатасул иммунитеталдаса 2015 соналъул апрелалда, гьес 750 азарго гъурущ хвезабун бугин абун такъсирияб иш рагьулеб мехалда.
Цебесеб соналъул июлалда гьев лъазавун вукIана халкъаздагьоркьосеб валагьиялде. Октябралда Пачалихъияб Думаялъ тасдикъ гьабуна гьев гьечIого гьесул арест лъазабиялъул Басманный диваналъул хIукму.