Сириялда щуго соналъ халат бахъунеб рагъул хIасилалда хун вуго 260 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Гьезда гьоркьоб лъимер чан букIарабали лъицаго рикIкIун гьечIо. Рагъалъ рукъ биххарал лъимал хутIулел руго къватIахъ, улбул чIаго хутIарал лъутулел руго батIи-батIиял улкабазде. Улбул цадахъ гьечIого Европаялъул улкабазде щвараб аза-азар лъимер киб бугебали лъалеб гьечIин абураб статистика къватIибе загьир гьабун букIана Европаялъул цо-цо улкабазул миграциониял хъулухъаз. Гьел рилун ругин абулеб гьечIо гьез. Гьел гIараз, лъалел-кIолез яги ракьцояз цадахъ рачун ратизеги бегьулин, амма Европаялъул гIурхъи баханин регистрация гьабурал гьел кир ругелали жидеда гьабсагIат лъаларин абулеб буго. Ракъиги, квачги, хIинкъиги бихьизе кколищ лъимада? Сунца ритIухъ гьабулеб жакъа Сириялъул лъималазда бихьулеб бугеб къо?
Сирия: сунца ритIухъ гьабулеб лъимадул магIу?

1
Алеппоялда авиакьабиялъ биххизабураб рукъалъул чIвадазда гъоркьа хвасарчагIаз бахъулеб гьимер. 14 февраль, 2016

2
Сириялъул Кафр Батна шагьаралда авиакьабиялдаса лъутулей гIадан, 12 февраль, 2016

3
Сириялъул Килис шагьаралдаса Туркиялде лъутун рачIарал гIадамал, 8 февраль, 2016

4
Сириялдаса лъутарал Туркиялъул горхъода, 7 февраль, 2016

5
Алеппоялда лъел цIезе ячIарай гьитIинай яс, 15 февраль, 2016

6
ГIиракъалъул Мосул шагьаралдаса лъутаразул Сириялъул Рас аль-Айн шагьаралда бугеб мархьи, 2 февраль, 2016

7
Туркиялъулгун гIурхъи бахине чIарал Сириялдаса лъутулел хъизаби, 7 февраль, 2016

8
Туркиялъулгун гIурхъи бахарал Сириялдаса лъутарал хъизаби, 8 февраль, 2016

9
Россиялъ авиакьабиял гьаризе байбихьаралдаса Сириялдаса Туркиялде лъутун вуго 30 азарго чи.

10
Сириялъулгун Туркиялъул гIорхъода бугеб Атма абулеб мархьиялда расандулел лъимал, 5 февраль, 2016

11
Алеппо рагъуца рукъ биххарал лъимал, Азаз шагьар, 6 февраль 2016

12
Сириялдаса лъутун Туркиялъул гIурхъи бахунел, 7 февраль, 2016

13
Туркия

14
Алеппо, 5 февраль, 2016

15
Сириялдаса Туркиялде унел, 11 февраль, 2016