Ссылки для упрощенного доступа

НАТО-ялъ Эгей ралъдалъ хасаб операция байбихьулеб буго


НАТО-ялъ Эгей ралъдалъ хасаб операция байбихьулеб буго Европаялде мигрантал щвезарулел контрабандистазде данде. Гь адин лъазабуна Шималияб Атлантикияб альянсалъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица Брюсселалда тIобитIараб НАТО-ялъул улкаби цIунулел министрабазул данделъиялъул хIасилалда.

КватичIого гьеб акваториялде ралъдал группа битIизехъин буго доба хал-кквей гьаби мурадалда, ян абуна Столтенбергица. Ассошиэйтед-пресс агентлъиялъул баяналда рекъон Эгей ралъдал гIатIилъиялде Германиялъул лъабго гама унеб буго.

НАТО-ялул улкабазул министраби разилъана «Исламияб Пачалихъалде» данде рагъ бачунел Цолъарал Штатазе хIалае AWACS (АВАКС) тайпаялъул боржароби кьезе. Гьединаб боржароялда буго радиолокационияб къагIидоялъ объектал тIатинарулеб алат.

XS
SM
MD
LG