Ссылки для упрощенного доступа

"Къуръан кьуна цIализе лъаларев чиясухъан"


Академик Шамил ГIалиев
Академик Шамил ГIалиев

Академик дунялалъул, ахираталъул ва инсанасул хIакъалъулъ

Сон, 8 абилеб февралалда букIана Россиялда гIелмуялъул къо. Гьеле гьеб гIелмуялъул къо кIодо гьабизе МахIчхъалаялда Расул ХIамзатовасул памятникалда данд битIун бугеб Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекалде унел гIадамал рачIунел рукIана гьевго Расул ХIамзатовасул къватI ккун.

Цо нусго метралъ цебехун поэзиялъул театралда цебеги лъун буго Расулил цойги памятник. ГIолохъанав, чергесав тIаде ралагьаразда къосунев Расул вуго гьев. Гьеб памятникалъухъги валагьун ГIабдулатIиповас махсаро гьабун буго: " Гьав вуго Расулида живго жиндаго вихьизе бокьун вукIарав чIурканав Расул" абун. Библиотекалде жанир лъугьун кIиабилеб тIалаялде щварабго гьенив цо бокIнилъа нахъойги валагьун чIун вукIана щивалиго устарас цIуладаса гьавурав ващдав Расул ХIамзатов - бюст.

Цо щинав лъабабилеб тIалаялъул конферен-залалдаги гьев вугодай абурал пикрабигун лъугьана жанив. Гьев Расул ХIамзатов гIемер вукIин квеш бихьун абулеб жо гуро. Дие вокьула Расул ХIамзатов. Амма гIелмуялъул къоги кIочон тун сундулъдай бугеб балъголъи гьадигIан гьав Расул пачалихъалъ кIодо гьавизе абурал пикрабаца восун вукIана дун. Залалда гIезегIан гIалам бакIарун бугоан. ГIелмуялъул къо кIодо гьабизе рагIи кьуна гIелмуялъе, ай академик Шамил ГIалиевасе.

Гьесул гIемер борхатаб гуреб гьаракьалъ ва мухIканаб каламалъ кверде босана бачIинахъего зал. Гьединаб къуват буго Шамилил. Амма гьев Шамилица бицунеб жо гIадатияб бетIералъ бачIинахъего босизе кIоларо. Гьесухъа бачIуна гIемераб батIи-батIияб информация.

РукIуна цояб рагIабго хадусел кIочонел хIикматал сипатал ва гъваридаб пикру каламалъулъ. Дихъе Шамилица абулеб букIараб жо гьоркьоб заман ингун тIад буссуна, тIоцебе рагIарабго кIочон букIарабцин.

Рачана гьес машгьурал Иоганн Вольфганг Гётел рагIаби "Мун ващдав вуго дудаго вичIчIизе кIолев чиясда" абурал. ХутIаразул иш дида лъаларо дида бичIчIана академикасда данде дунго вугеб кIкIалал ахалъи. Гьес абун щинаб цойидасанго босизе кIунгутIиялъ. Амма калам букIана хIикматго асар гьабулеб. ГIелмуялъе хасиятаб чIамучIлъи гьечIеб.

ГIелму цебе тIола гьелда гъорлъ цIа балагьулел чагIи ругебгIан мехалъ. ГIелмуялъ гIумруялда ва гIаламалда цере лъуна батIи-батIиял масъалаби. Гьел кидаго гIужда щвечIин рикIкIунеб буго академикас. "Дунял бижаралдаса нахъе цебе тIураб пикруялда ва гIелмуялда цебе букIана лъабго масъала: точность, красота ва доброта абурал категориял.

"Точность" абураб жо босана жиндихъе математикияб гIелмуялъ, "красота" абураб жо ана искусствоялъ, "доброта" хутIана гьаваялда, гьелъул тIалаб гьабулел чагIиго рахъичIо. Гьеб цебесеб кIиялъгоги хъулухъ гьабизе ккола лъабабилелъе"- ян абулеб буго Шамилица. Гьедин батизеги батула.

Лъица доб абун букIараб: "Дица инсанасулъ цониги батIияб тIокIлъи рикIкIунаро лъикIлъи гурони" абун. Жакъасеб Россиялъул гIелмуялда хурхунги цIакъ мухIканал ва интересал пикраби загьир гьаруна Шамилица. "Физическая культура буго гIелмияб культура гьечIо" - ян. Гьас абулеб "физическая культура" буго спорталда культура бугин, гIелмуялда гьечIин абураб пикру. "Дагъистаналда цониги чи жив эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион вугин дипломги босун вачIани гьесда тIад релъула ва бадибе абила дуца щал махсароде кколелин. Щаялиго гьединалго гьереси докторал, академикал ва гIалимзаби къабул гьарулел руго, гьезда абулеб гьечIо дуца щай ниж гуккулел?" - ин суал лъуна Шамилица.

Нилъер гIелмуялда цойги гIемерал гIунгутIаби рихьулел руго гIалимчиясда. "Лъай (знание) бичIчIиялде (сознание) буссунеб гьечIони гьелъул пайда гьечIо. Нилъер гьанир киналго ругьунлъун руго цо жо лъазабун, гьелъухъ щуйилги босун гьенибго кIочон тун". Щибха кьелеб гьединаб гIелмуялъ? ГIемерал рахъазда квалана ва камилал пикраби кьуна академикас гIелмуялъул къоялъ.

Гьел мухIканго нужехъе кьей дие бигьаяб масъала гьечIо. Гьел кьезе ккани дунго вукIине ккола я Шамилил даражаялда дос бицунеб гIелму лъалев чи, ялъуни щибниги лъаларев вацIцIадав чи. Гьеле гьеб "щибниги лъаларев вацIцIадав" абураб жоялда хурхун цойги цIакъ интересаб пикру загьир гьабуна академикас.

Дида лъаларо кигIанисеб къадаралъ гьеб диналда данде кколебали, Аллагьас цIунайги мунагьалдаса, амма гьадинаб пикру загьир гьабуна: "Дунял бижаралдаса нахъе гIаламалъухъе Аллагьас ритIарал ТIахьал гIадамаца хисизаруна. Ахиралда битIараб хисичIо. Къуръан хисичIо. Гьеб Аллагьас битIана хъвай-цIали лъаларев инсанасухъе, лъикIаб магIнаялда хъвай-цIали лъаларев.

(МухIаммад авараг жинда салам лъеяв). Гьес гьеб мухIканго ва хисизабичIого кьолеблъиги лъан. Кьезеги кьуна, хисизеги хисичIо. Щай гурелъул хъвай-цIали щварал чагIазе хасиятаб буго тIаде жидерго жо жубалеб, жидеда бичIчIухъе абулеб". Пикру интересаб буго, амма тIубанго гьалда тIадги кинха рекъелел?

Масала жинда салам лъеяв ГIисаца Инжилги, Мусаца Тавратги, Давудица Забурги хисизабичIелъул, гьеб хисизабуна гьезул агьлуялда гъорлъ рукIарал гIадамаца. Аварагзаби гурелъул къосарал, гьезул дин босарал къавмал къосана. МухIамад аварагасдаса (жинда салам лъеяв) тIокIаб гIелму, яги хъвай цIали гьезда лъалеб букIанищали дидаго лъаларо.

Исламалъ жиндихъа республика бахъун унеб буго кумек гьабеян цо чанкIкIарай гIаданги ягъарун йикIана суал кьезе. Жив исламалъ ва исламиял гIалимзабаца цIунулев вуго, гьелъул лъикIаб гуреб рахъги жинда лъаларин абуна академикас. ГIемерал интересал жал рицана Шамилица. Дунго хъвай-цIали лъаларев гьечIолъиялъ гьесул пикраби мекъи кьезе рес бугелъул гьалда тана. Цо санагIалъи ккарабго живго академикасе кьеларищха нилъеца рагIи?

XS
SM
MD
LG