Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна Россиягун Сириялъ хвезабун бугин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул резолюцияйин. Гьелда абулеб буго Сириялда гражданияб рагъул проблема рагIалде бахъинабизе ва рагълилал кIалъа-ралъаязде тIадруссине кьвагьи чIезабизе кколин.
ТIадехун рехсараб ГIуцIиялъул эгидаялда гъоркь Женеваялда унел рукIарал Сириялда хурхун ракълилал кIалъа-ралъаял чIезе тун рукIана 3 февралалда Алеппоялде гьужум гьабун хадуб. Президент Башар Асадил рахъ ккурал къуватаз Россиялъул авиациялъул кумекалдалъун оппозициялъул контролалда бугеб Алеппоялде гуманитарияб кумек унеб нух къан букIана. Гьеб гьужум халат бахъунеб букIана 5 февралалде щвезегIан. Гьелъул хIасилалда Алеппоялдаса лъутарав 20 азаргоялдаса 50 азаргоялде щвезегIан чи вакIарана Туркиялъулгун гъорхъоде.