4 февраралда бакъанидехун федералияб трассаялъул Гъизилюрт-МахIачхъала бутIаялда низам цIунулезде кьвагьдеялъул хIасилалда чIван вуго 38 сон барав ХIамзат НурмухIамадов. Гьев жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, вукIун вуго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъа чи. Министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ баян гьабухъе, 4 февралалда бакъанида полициялъулаз хал гьабизе чIезабун буго НурмухIамадов жанив вугев автомашина, амма гьебги чIезабичIого машинаялдаса кьвагьдезе лъугьун вуго гьев, данде гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда гьев чIван вуго. ЧIварасухъ батун буго ярагъ ва гулби. Гьес кьвагьунин зарал ккарав чиясул лъазабулеб гьечIо.
НурмухIамадов вукIун вуго Гъизилюрт мухъалъул ЦIияб Сильди росулъа. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, гьев хIалтIулев вукIун вуго ток бачунев чилъун Хасавюрт мухъалда. Гьесул гIагаразул рахъалдасан комментариял гьечIо.