Хасавюрталъул лъимал гьарулеб азарханаялда тохтурзабазул гIайибалда Далиева Залина хвей ккун букIана гьениб арбагI къоялъ митинг бакIариялъе гIиллалъун. Гьедин абулеб букIана гьелъул гIагараз. РакIарараз тIалаб гьабулеб букIана гIайиб бугел жавабчилъиялде цIазе. Жидер эбел тIадюссинаейин ахIулеб букIана гьениб хварай Залинал ясалъ. Жал гьелъул анлъабго лъимер гьелда хадур хIакъдилел ругин. Залинае букIана 34 сон.
Хасавюрталъул азарханаялда иргадулаб хвел

1
Митингалде ракIарарал

2
Тохтурзабазул гIайибалда хванин гIагараз абулей Далиева Залина. Гьелъие букIана 34 сон.

3
Митингалде ракIарарал

4
Гьадинал лъазабиял тIиритIизарулел рукIана Хасавюрталда 3 февралалда вацапалдасан.

5
3 февралалда азархаялда жаниб бахъараб сурат. Абулеб букIана митингалде ракIарараз цIигьарура лъимал ругел рукъзабазул цIурдузда ганчIал речIчIулел рукIанин.

6
Митингалде ракIарарал