Америкаялъул улка цIуниялъул министр Эштон Картерица лъазабуна талат къоялда Пентагоналъ тIасияб соналде тIалаб гьабизе бугин 583 миллиард гIанасеб доллар ва гьеб харж гьабулеб къагIида хисизабизе ракIалда бугин жидедайин. Гьел хиса-басиял гьарулаго гIадахъ босизе бугин Россиялъул агрессия цIикIкIунеб букIиналъ ва «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъаялъул терроралъул хIинкъиялъ бижизабураб цIияб стратегияб ахIвал-хIалин абуна Картерица.
Гьесул рагIабазда рекъон, Пентагоналъул бюджет харж гьабизе буго Америкаялъул рагъулазул щуго кIудияб проблема бугел бакIазде: Россиялде, Китаялде, Шималияб Кореялде, Ираналде ва «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъаялде.