Хасалие гIураб ханжуги, гьанги гьечIого чIужуялъе кIилкIал, жиндие меседил сагIат босуларо. Гьеб буго гIакълуялда гьикъун, чехьалъ малъун гьабулеб гIакъилаб нухмалъи. Щайгурелъул щивниги вачIунаро метерисеб къоялъ дур рукъалъул тIалаб гьабизе. Кинха бугеб пачалихъалъул хIалтIуда?
Гьениб бигьаго босула "люстра", нуцIбигун гордал гьечIониги. Масала, тIубараб дунялалъ ва жаниб улкаялъ бицунеб буго Россиялда тIаде рачIунел захIматал соназулги, финансовиябгун экономикаялъул кризисалъулги.
Россиялъул хIукуматалъ тIокIаб чIечIого бицунеб буго, нухал ралагьулел руго гьеб цо "инпортозамещение" абураб жоялъе. Ай, къватIиса бачIунеб хисун нилъерго къайи-цIа, кванил нигIматал гIезаризе ккеялъул.
Гьеб гьабизе ккани магъалоялдасайищ эркен гьарилел, кредиталдай кьелел, цойги кинал шартIаздай жанисеб экономикагун промышленность чIаголъизабизе ургъилел лъаларого буго гIалам. Гьелда тIад хIалтIулев вуго кватIун кканиги В.Путинги.
Гьелде ахIулел республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Щибха гьабулеб бугеб хIукуматалъ, министраз, муниципалитетазул бутIруз? Гьезул гIемерисел ургъулел руго церего гIадин киса щибдай тIезабилеб абун. Масала, росдал магIишаталъул нигIматал гIезаризе ккани хIажалъула агросекторалъул мониторинг, анализ, лъазе ккола хIакъикъияб ахIвал-хIал. КъватIиса кигIан нигIматал рачIунел ругел, жаниб кигIан нахърател бугебали.
ХIажатаблъун ккана Росстаталъ хъвай-хъвагIай гьаби, ай росдал магIишаталъул боцIул перепись абураб жо гьаби. Гьединаб амру бачIана Москваялдаса. Щибха гьабураб Дагъистаналъул статуправлениялъул нухмалъиялъ? Гьеб ишалъе кинаб гали гьабураб тIоцебе? ТIоцебе статуправлениялъул хIакимзаби рекIине I миллионгун 990 азарго гъурщиде бугеб Toyota Camry Япониялъул автомашина босизе кьуна заявка.
Гьебги кризисалъул заманаялда, "оптимизация" бюджеталъул гьабеян тIаса амруял рукIаго. ТIубараб республикаялда декабралъулцин харжал бюджеталъул хIалтIухъабазе щвечIониги. ЦIакъ санагIатаб машина гьечIищха Тайота ЦIунтIа ва ЛъаратIа районалъул гIадал росабалъ бачал рикIкIине унеб мехалда рекIине?
Машгьураб аби бугоха Россиялъул кIиго аслияб балагь бугин гIабдалзаби ва нухал абураб. Гьелда тIаде жубана кинаб нухда ине колебаби бихьизабулел гIабдалзабиги. Гьеле гьел россиялъул квешал нухазда росдал магIишаталъул перепись гьабизе Росстаталъул нухмалъуда ругел гIабдалзабаца босун рагIула 143 миллионалде 105 бизнес классалъул иномарка. ЛъикI хIадурлъулел руго ал кризисалде.
Гьеб цохIо статуправлениялъул унти гуро, гьеб буго тIубраб улкаялъул унти пачалихъалъул хъулухъазда ругел чагIазул. Экономика чIаголъизе ккани ва гьеб рукIалиде бачине тIоцебе хIажалъула жибго экономия абураб жо гьабизе.
Гьеб абуни пачалихъалда ва чиновниказда лъалеб гьечIо, лъаниги гьабулеб гьечIо. ЦIияб гIел хIажат буго тIалъиялда, жиндир рукъалъе гIадин нухмалъи гьабулел муниципалитеталъе, министерствоялъе, хIукуматалъе ва цойги хIажаталъуб.
Гьеб гьечIого нухмалъи лъугьунаро, нилъ хутIизе горду гьечIеб рукъалда "халичаби тIамулел", ахIмакъал харжал ва хIасил кьоларел хIалтIаби гьарулел. Гьелда хадуб хъаравуллъи гьечIого нилъ рортараб гванидниса къватIибе нух батизе кIоларо. Хабар лъикIаб рагIайги.
=========================================================
Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.