Ссылки для упрощенного доступа

К.Казенин: «Чачаназул тIалъиялъ жиндирго хIаялъул низам хисила»


Константин Казенин
Константин Казенин

Политолог ва журналист Константин Казениница жиндирго Фейсбукалда бицен гьабуна Чачан республикаялъул тIалъи какулел гIадамазе жамгIияб диван гьабиялъул.

Жиндирго блогалда Константин Казениница рехсолеб буго Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасул калам: «Нижер гьаниб некIсияб гIадат буго – вацас вацасухъ жаваб кьолеб. Гьалеха, дицаги гьелда рекъон буюри кьуна лъазабизе – ругищ гьезул вацал, улбул, сундул тейпалъул гIадамал гьел ругелали? Щал гьел кколелали? Щай гьез жидее ихтияр кьураб республикаялъул тIалъиялъе гьадинаб къимат кьезе?

Лъалищ гъозда гьадинаб жо – гIага-божаразда гьезие асар гьабизе кIвечIони, хIукму гьабизе гьечIони, нижеца нижерго хIукму къотIила , - ян абуна Рамзан Къадировас Европаялда разилъи гьечIолъиялъул демонстрацияби гIуцIаразул хIакъалъулъ.

Хадуб Константин Казениница дандбалеб буго суал – бегьулищ динияб гуреб пачалихъалда Ислам-диналъул къанунал хIалтIизаризе?

Константин Казенин: «Чачанлъиялда нилъеда рихьулел гIемерал хIужабазда релъарал лъугьа-бахъинал рихьула цебесеб Совет Союзалъул цогидал республикабаздаги. БакIалъулаб тIалъиялъул гIемерал ресал руго зулму гьабизе, гIорхъолъа борчIараб хIалалда жидерго ихтиярал хIалтIизарулаго.

Гьеб гIицIго Чачанлъиялъе хасиятаб гIадат гуро, гьеб ккола Кавказалдаги цогидал регионаздаги гIатIидго тIибитIизабураб гIадат. БакIалъулал тIадтараз жидерго мурадазе гIоло - ай критика цебеккунго нахъ чIвазелъун ялъуни жиндирго контролалъукьа борчIараб бизнес цебетIеялъе квалквал гьабизелъун - гьале гьеб сабаблъун тIадтараз жидерго данде кколарел ишал ритIухъ гьарулел руго пуланаб гIадаталда мугъчIвай гьабулаго.

Амма хIакъикъаталда гьелдалъун гьез жидерго напсияб низам, жидерго ханлъи тIад чIезабулеб буго».

ЭР: Ругищ Москваялда гIадамаз гьадинаб политикияб хьвада-чIвади ритIухъ гьабулел?

Константин Казенин: «Чачан республикаялда бугеб ахIвал-хIал Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазда бугеб ахIвал-хIалалде релъараб гьечIин, дида ккола. Щай гурелъул - Чачанлъиялда рагъ букIиналъул. Гьадинаб рагъ цогидал республикабазул гIадамазда бихьичIо.

Чачан халкъалъе бокьилаан политикияб асар ва бугеб тIалъиги цIияб рагъ цебеккунго нахъ чIвазе гуч бугев цевехъанги. Цогидал ишазул гьедегIан кIдияб хIажалъи букIинчIо гьанжелъагIан.

Гьанжейин абуни гIун бачIунеб буго доб вахIшияб рагъ бихьичIеб гIел. Ва хисулеб буго жамгIияб гъира. Гьелда бан абизе бегьула гIагардисеб заманалда тIокIаб чара гьечIого чачанлъиялъул тIадтараз жидерго политикияб хIаялъул низам хисилин.

Москваялъул хIакъалъул бицани, гьениб журналистазул, политологазул, гIадатиял гIадамазул гьадинаб бербалагьи буго - гьезда ккола гьениб батIияб низамги бугин, батIияб жамгIияб хьвада-чIвадиги бугин Россиялъул къануназде данде кколареб».

XS
SM
MD
LG