Инсанасул ихтиярал цIуниялъул Европаялъул диваналъ Россиялда тIадаблъун бихьизабуна оппозициялъулав Евгений Фрумкиние компенсация хIисабалда 25 азарго евро кьей.
Диваналъ Россиялъул нухмалъи рикIкIун буго гIайибияблъун 2012 соналъул 6 маялда Болотная майданалда протесталъул акция тIобитIулеб мехалда Фрумкинил ихтиярал хвезариялъе.
Болотная майданалда ккун, Фрумкиние диваналъ бихьизабун буго административияб аресталъул 15 сорда-къо полициялъулазул тIалабал тIуразарунгутIиялъул гIайибги гIунтIизабун.
«Болотная ишалда» хурхун жавабчилъиялде цIан вуго 34 чи. Инсанасул ихтиярал цIунулез гьел киналго рикIкIунел руго политикиял туснахъаллъун, жибго «Болотнаялъул иш» - жинда гъоркь политикияб кьучI бугеблъун.