Россиялъул президент Владимир Путиница Цолъарал Штатазул президент Барак Обамада цIияб сон баркун абуна, Россиялъулгун Америкалъул бухьенал Кемлалъ рикIкIула глобалияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул кIвар кIудияб шартIлъун.
Конструктивияб диалог гьабуни, тIолго дунялалъе щолел цIиял хIинкъаби икъбалгун нахъ чIвазе бегьула, ян хъван буго Барак Обамахъе Путиница битIараб кагътида.