Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб къукъаялъул лидер Абу Бакр аль-Багъдадица цIидасан хIинкъаби кьолел руго. Интернеталда баккараб аудиоялда гьеc Израилалъе кьолеб буго кIватIичIого жиндир рагъухъаби Палестиналде рачIине ругин ва гьенибги «Исламияб пачалихъ» гIуцIизе бугин жидецайин абун хIинкъаби.
«Гьанже нижгун гIицIго хъанч-барал гурониги, нижгун тIубараб дунял багъулеб буго», -ян абулеб буго Багъдадица.
Гьес СагIудиязул ГIарабиялъул халкъ ахIулеб буго тIалъиялде данде бахъине. Гьеб улкаялъ 15 декабралда лъазабун букIана «Исламияб пачалихъалде» данде багъулеб 34 улкаялъул коалиция гIуцIулеб букIиналъул.
«Хаарец» абулеб Израилалъул газеталъ лъазабухъе, Багъдадица бицунеб цо-цо жоялде балагьун, абизе бегьула гьеб аудио хъван бугин Сириялде Россиялъ бомбаби разе байбихьун дагьаб заманаялдасайин. Гьес гьениб абун буго Россиялъул ва Америкаялъул авиакьабияз гьесул къукъа дагьабги къувалъизабунин. Гьеб буго ахирисеб анкьго моцIалда жаниб баккараб Багъдадил тIоцебесеб аудио.