Эгей ралъдал Туркиялъул рагIаллъиялда хамиз къоялда мигрантал рекIараб гама бегидал гъанкъун вуго 19 чи, гьезда гьоркьоб букIун буго анлъго лъимерги. Туркиялъул гIурхъаби цIунулезда бажарун буго 21 чи хвасар гьавизе. Жеги виларав цо чи валагьулев вуго.
Грециялъул полициялъ лъазабулеб буго арбагI къоялда гьебго ралъдалъ гъанкъарав 13 чиясул, гьезулги анкьго лъимер букIун буго.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул мигрантазда хурхун идараялъ ва мигрантазул Халкъаздагьоркьосеб идараялъ гьаб анкьалда лъазабуна исана цо миллионалдаса цIикIкIун мигрант вачIун вугин Европаялде, гьелги аслияб куцалда ралъдалъанин.