Ссылки для упрощенного доступа

Лъазабулеб буго Туркиялъ Россиялъул 27 гама кквеялъул хIакъалъулъ


Hurriyet абураб газеталъ лъазабулеб буго, Туркиялъ Россиялъул 27 гама ккунин ЧIегIераб ралъдалъин. Гьеб кколин Россиялъул талъиялъул галабазе жавабияб реакцияйин ва гьанже кIиябго рахъалъ электронияб почтаялдасахун ахIвал-хIал гьоркьоб лъолеб бугин. Инциденталда цебе Россиялъ ккунин Туркиялъул 8 гамайин, хъвалеб буго Hurriyet газеталъ.

Цогидал информалатазул лъазабиязда рекъон, бицен гьабулеб буго, Россиялъул гуми контролалъул тадбирал тIоритIиялъе чIезарун рукIиналъул.

Россиялъулги Туркиялъулги гьоркьорлъаби хIалуцана 24 ноябралдаса хадуб, Сириялъулгун Туркиялъул гIорхъада Россиялъул рагъулазул аэроплан турказ бортизабун хIадуб.

XS
SM
MD
LG