Воронеж икълималъул Новохопёр мухъалда бугеб психоневрологиялъул интернаталда букIараб цIа ккеялъул хIасилалда 23 чи гIумруялдаса ватIалъана. Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ гьеб хIужа жиндирго контролалде гъоркь босун такъсирчилъиялъул цIех-рех байбихьана.