Ссылки для упрощенного доступа

ТIадегIанаб диван ва долларазул гьоркьорлъаби


Улкаялда законги, законалда рекъон халкъги хIалтIизе ккани чара гьечIел шартIаздаса цояблъун ккола пачалихъалъул тIалъиялъул лъабабго гIаркьел: законал рахъулеб, гьел тIуразарулеб ва судалъулаб тIалъи цоцадаса батIа тIун букIин. Гьел цоцазда рарал гьечIолъи ва цоцазе хъулухъазда "дица - дуе, дуца-дие" абураб принципалда хIалтIунгутIи.

Нилъеда лъалеб бакIалдаса жакъасеб Россиялъулги Дагъистаналъулги законал рахъулеб тIалъиялда (парламенталда) ва гьел тIуразарулеб тIалъиялда (хIукуматалда) киналго тахбакIал ккун ругин абизе бегьула тухумчилъиялъ. Цо чи цеве ккани тухум-кьибилго лъугьуна "генияллъун". Министразул лъимал депутаталлъун, депутатазул лъимал - прокурораллъун. Покуроразул лъимал - судияллъун. Судиязул лъимал - министраллъунги, депутаталлъунги, прокурораллъунги судияллъунги.

Гьебни гIадатиял ришваталги росулел гьелги кьолел гражданазул жанисеб вала-рахасин тела. Кинабха бугеб ахIвал-хIал гьеле гьел такъсиралъе тамихI къотIизе тIаса рищарал диванчагIазул (судиязул) ва жибго ТIадегIанаб Диваналъул ахIвал-хIал?

Нижеца "Миллат" казияталда кIиго соналъ цебе бахъун букIана Дагъистаналъул су­дазда бугеб тухумчилъиялъул бица­раб макъала. КигIан улкаялъул бетIер В.Путиница рацIцIадго хIалтIизе ахIаниги, республикаялъул бетIер ГIабдулатIиповас хитIабал гьаруниги, ахIвал-хIал добго хIалалъ хутIана.

Хъулухъ ирсалъе щвейги, ту­хумчилъиги, ришватчилъиги, жиде-жидер миллат цебе гьабиги – гьеле нужее Дагъистаналда судияллъун тIамиялъе ругел гIиллаби ва аслиялин абизе бегьулел шартIал. Масала, ДРялъул Верховный судалъул судия­сул дурц вуго Избербаш шагьаралъул судияв, кIиявго вацин абуни Гъиз­ляралъулги Хасавюрталъулги райо­назул судиял. Иргаялда руго васги, вацгIалзабиги, яцалги судиязул тахбакIазда хадур.

ДРялъул Верховный судалъул Пре­зидиумалъул член, экзаменационный комиссиялъул председатель И. Д. Ав­густиналъул рос ккола Гъизляр шагьа­ралъул судияв (гьелъие гьединаб битI ккана ДРялъул Верховный судалъ­ул председательлъун вукIарав Анвар МухIамадов сабаблъун – Дербенталъ­ул мэрлъун вахъине Имам Яралиевасе рекъараб хIукму къотIаралъухъ абураб баян букIана чанго соналъ цебе информациялъул алатазда.

ДРялъул судиязул квалифика­циялъул коллегиялъул нухмалъу­левлъун вукIарав И. Гьаруновасул яс МахIачхъалаялда мировой суди­яйлъун йиго. Судиязул составалъул председатель Х. Шихгереевасул вац Табасаран районалъул судияв ккола. МахIачхъалаялъул Ленинский райо­налъул судияв АхIмадхановасул дурц МахIачхъалаялда мировой судияв­лъун хIалтIулев вуго.

Верхсудалъул председатела­сул заместительлъун вукIарав М. М. Ибрагимовасул вац Болъихъ районалъул судияв ккола. ДРялъ­ул Судалъул департа­менталъул управлени­ялъул начальник М. Д. ГIумаровасул вацал-яцазул лъимал ДРялъул Арбитражалъул ва Сергохъала районалъул судияллъун руго, гьесул васин абуни МахIачхъалаялъул Советский райсудалъул судияв­лъун вахъине хIадурулев вуго. Гьеб Со­ветский районалъул судалда хIалтIулев фе­дералиявниги мирово­йниги 25 судиясда гьор­кьоса микьгоял дарги миллаталъул чагIи кко­ла.

ДРялъул Конституциялъул су­далъул председательлъун вукIарав С. ХIажимухIамадовасул вацасул вас вуго МахIачхъалаялъул Кировский райо­налъул судияв, кIиявго васин абуни Арбитражалъулгун Верхсудалъул су­дазда судияллъун.

Верхсудалъул судияй А. Ибра­гьимовалъул эмен ккола Дагъогни шагьаралъул судалъул председатель. ДРялъул Верхсудалъул председатель­лъун вукIарав А. МухIамадовасул вас М. МухIамадов Верховный судалъул судиявлъун тIамизе вихьизавун вуго, вацасул васин абуни ккола судиязул квалификациялъул коллегиялъул член. Верхсудалъул председателасул лъадул вац М. Нестуров ккола Ки­ровский районалъул судиявги эк­заменационнияб комиссиялъул членги. Кировский райсудалъул пред­седателасул М. Амировасул дурц вуго Верхсудалъул судияв.

Гьединал мисалал гIезегIан руго. ДРялъул Верхсудалъул судиязул 52 кумекчиясул 36 чи ккола судиязул лъимал, гIага-божарал. Гьединлъи­дал гьел тухумазулгун кинабгIаги бухьен ялъуни кIудияб гIарац гьечIого, гIадатияв чи бигьаго гьеб системаялда гъорлъе кколеб хIал гьечIо.

Гьеб ахIвал-хIалалда рес бугищ жакъасеб Дагъистналда гражданазул ихтияралги, бацIцIадаб бизнесги, зконалда ругел ва гьечIел рэкетазул гьужумги судалъул кумекалдалъун цIунизе? ГьечIо, гьечIебгIан заманаялъ нилъер республика кигIан Кавказалъул рухIияб центр ва некIсияб цебе тIураб улкаян нилъеца керен бухханиги хутIизе империялъул жанубияб рахъалда бугеб мукъсанаб ва мискинаб рагIаллъилъун - Дагъистан гуреб Кишлакистан.

Гьеб мугъру нахъе гьабизе ккани тIоцебесеб иргаялда бацIцIад гьабизе ккола ТIадегIанаб Диван долларазул, кьолеб босулелъул ва тухумчилъиялъул гIузрабаздаса. Хабар лъикIаб рагIайги.

-----------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG