Исана Дагъистаналда гIемерисел мухъазда рищана бутIрул. Цо-цо мухъазда жеги гьел тасдикъ гьарун лъугIун гьечIо. Рищулел рукIана бутIрул цIияб къагIидаялъ.
Араб соналъ Дагъистаналъул парламенталъ Россиялъул къануналъ кьурал ихтияраздаса пайдаги босун хисизабун букIана муниципалияб тIалъи гIуцIулеб къагIида. Гьединалго рищиязул хиса-басиял гьарун рукIана чанго цоги регионаздаги.
Амма исана октябрь моцIалъ Россиялъул Пачалихъияб думаялъул 90 депутатас Конституциялъулаб диваналде гIарза хъвана, цо-цо регионаз, гьезда гъорлъ Дагъистаналъги жидерго ихтиярал цIикIкIинарун ругин ва бакIалъулаб нухмалъиялъул федералияб къанун хвезабун бугин. Гьал къоязда диваналъ гьелъул хал гьабуна ва хIакъикъаталда цо-цо мухъазул депутатал мекъи рищун ругилан чIезабуна.
РакIалде щвезабилин, кинал хиса-басиял гьарун ругелали рищиязул къануназда Дагъистаналда. ЦIияб къануналда рекъон мухъазул ва росабазул бутIрул рищулел руго тIолгохалкъалъ гурел, гьел муниципалитетазул депутатазул данделъиялъ.
Жибго мухъазул депутатазул данделъи гIуцIулеб буго росабазул депутазул вакилзабаздаса ва бегавулзабаздаса. ТIадехун рехсарал Пачалихъияб думаялъул депутатаз аслияб кIвар буссинабулеб букIана бегавулзаби мухъазул парламенталда жанире ине бегьуларо абураб жоялда. Конституциялъулаб диван гьелда разилъана.
Гьанжесеб къануналда рекъон, халкъалъ росабазул бутIрузухъе мухъазул бутIрул рищизе ихтияр кьезе рес гьечIилан хъвалеб буго диваналъул жидерго баяналда. Гьединлъидал, мухъазул парламенталда жанире унел росабазул бутIрузул бакIалда цIиял чагIи рищизе ккола.
Исана цIиял депутатазул данделъаби гIуцIун руго Дагъистаналъул 30 муниципалияб мухъалда (шагьаралгун цадахъ). Конституциялъулаб диваналъул тIалабалда хадур рилълъани, гьел киналго бакIалъулал парламентазде гъорлъе унел бегавулзаби хисун росабазул депутатал рищизе ккола. Гьеб мехалъ къанун холаро.
Амма гIемерисел мухъазул бутIрул рищун руго ва гьел рищулаго гIахьаллъи гьабун буго бегавулзабазги. Адвокат Расул Къадиевасул пикруялда рекъон, гьеб къагIидаялъ рищарал мухъазул бутIрул легитимияллъун рикIкIине бегьуларо.
Бегавулзабазул бакIалда бакIалъулал парламентазда хIакъикъиял депутатал ккун хадур гьелго мухъазул бутIрул рищунгутIизеги рес буго гьез. Къадиевас рикIкIунеб буго, диваналъул хIукмуялъ рес кьезе бугин мухъазда бугеб оппозициялъе политикияб къеркьей цIигьабизе.
Бегавулзаби мухъазул бутIрул рищиялъулъ гIахьаллъиялъ демократиялъул принципал хвезарулел руго, гьеб къагIида унгоги Конституциялда данде кколеб гьечIоян рикIкIунеб буго юрист Акаев Русланица.
Акаев Руслан: «Киналго церетIурал пачалихъазда, гьезда гъорлъ Россиялдаги аслияб демократическияб принцип буго тIалъи лъабиде бикьи, ай, парламент, хIукумат ва диван. Гьеле гьеб принцип хвезабулеб буго гьанже Дагъистаналда бугеб бакIалъулаб тIалъи гIуцIулеб къагIидаялъги. ТIалъи лъикI хIалтIиялъе аслияб шартI гьеб буго, гьеб лъабабго гIаркьел цоцалъ рекъон хIалтIизе ккола. Жакъа бугеб къагIидаялъ гIадамазул конституциялъулал ихтиярал хвезарулел руго. Гьелъ нилъ лъикIалде рачине гьечIо.
Щай гьедин гьабун бугебали цIехани, дида ракIалде ккола тIалъиялъулаб вертикаль щула гьабиялъе гIоло, мухъазул депутатазул данделъи бетIерасул кверщаликье бачиналъе гIоло гьабун бугилан гьеб. Къанунал къабул гьарулеб идара, ай парламент букIине ккола аслияб идара, гьелъ кверщел гьабизе ккола кинабго мухъалда тIад, гьеб идараялъ къабул гьабула бюджет ва бищунго кIвар бугел суалазда хурхун хIукму къотIизе ккола.
Дагъистаналъул Халкъияб собраниялъул къанул рахъулеб комитеталда рехсараб суалалда тIаса баян кьезе инкар гьабуна.