Евроцолъиялъул финансазул министразул къокъаялъул бетIер Йерун Дийсселблумица лъазабуна Евроцолъиялда мигрантазул суал рукIалиде буссинабизе бажаричIони, «мини-Шенген» гIуцIизе бегьуиялъул хIакъалъулъ.
"Хандельсблатт" абураб Германиялъул газетаялъе интервьюялда Нидерландазул финансазул министрас абуна, визаби гьечIого хьвадизе рес кьолеб цIияб варианталъ бихьизабулеб бугин, гьанже бугеб къагIидаялда 26 гуреб, 5-6 улкайин.