Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда мухъазул бутIрузе альтернатива гьечIо


Гьал къоязда Дагъистаналъул гIемерисел мухъазда унеб буго мухъазул бутIрул рищиялъул процесс. Шагьаразда киналго бутIрул рищун лъугIун руго. Щаялиго киса кирего бутIрул рищулел руго киналго тIад рекъон, альтернатива гьечIого. Щай рищиязда кандидатал цоцалъ къеркьоларел? Гьеб демократия гьечIолъиялъул гIаламатищ, ялъуни гьел рищулел бутIрузул цокIалалъ рахъищ кколеб бугеб гIадамаз?

Дагъистаналда тIадбан унеб буго мухъазул бутIрул рищиялъул процесс. Араб анкьалъ республикаялда рищана Дербент, ЦIияблак, ЛъаратIа ва Унсоколо мухъазул бутIрул.

Гьаб анкьалъ бутIрул рищизе руго ЦIумада ва Лак мухъазда. Цоги мухъаздаги конкурс лъазабун буго, ва кандидатаз конкурсалъулаб комиссиялде документал кьолел руго. Республикаялъул цIияб законалда рекъон, тIоцере рищизе ккола росабазул депутатал, хадув гьез росдал бегавул, цинги гIуцIизе ккола мухъазул депутатазул данделъи.

Гьелдаса хадуб гурони мухъазул бутIрул рищулеб конкурс лъазабуларо. Конкурсалъулаб комиссиялъ хал гьабула документазул ва гьез мустахIикъалин рикIкIарал чагIазда гьоркьоса чагIазул цояв вищула мухъалъулаб парламенталъ, депутатазул данделъиялъ.

Гьанжесел мухъазул рищиязул буго цо хаслъи. Киса-кирего – шагьаразда рукIа, мухъазда рукIа, депутатаз гьаркьал кьолел руго киналго рекъон цо чиясе. ГьечIо кинабгIаги къеркьей мухъазул ялъуни шагьаразул парламентазда. Мисалалъе, Дербент мухъалда 39 депутатасул киназго гьаркьал кьун руго рищиязда бергьарав Джелилов МухIамадие. ХутIарал районаздаги гьебго къагIидаялъ.

Щай рищиязда кандидатал цоцалъ къеркьоларел? Цересел соназда кьвагьа-гIанхъиялда ва кIудияб конкуренциялда унел рукIарал мухъазул бутIрузул рищиял, гьанже щай гьедин унел абун суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ экспертазе.

«Новое дело» газеталъул бетIерав редактор Сагитов ХIажимурадил пикруялда рекъон, рищиял абураб жо гьечIо республикаялда гьабсагIат, цокIалалъ депутатаз гьаркьал кьей буго демократиялдаса рикIкIалъиялъул гIаламат.

Сагитов ХIажимурад: «БукIунаро гьедин. Цо эбел-инсуца гьавурав кIиго вацасулги пикраби батIи-батIиял рукIуна. Кин абизе кIолеб, тIолабго мухъалъулго цого пикру бугилан? Церехун рищиял гьедин унел рукIинчIо. ГьабсагIат гIадамазул ихтияр гьечIо гIадамал рищизе, гьел рищиял руго гьересиял. Рищиялцин абизе кIоларо дида гьезда, гьеб жо буго физкультура. Цадахъ лъугьун кверал рорхиялда тIокIаб щибха абилеб?»

Рищиязда Дагъистаналда гIезегIан конкуренция буго, амма гьеб бихьулеб гьечIо, гьеб унеб буго мухъазул ва шагьаразул администрацияздаса ва парламентаздаса къватIибехун.

Рищиязда бергьизе ккани тIоцебе республикаялъул тIалъиялъул кумек тIалаб гьабизе ккола, гьеле гьеб республикаялъул кумек лъие щвелеб, гьелда сверухъ буго къеркьей. ХъахIаб рукъалъ цо хасав чиясда цIар чIван хадуб къеркьеялъул магIна гьечIо. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист Мусаев Мусаца:

Мусаев Муса: «Мухъазул ва шагьаразул бутIруз хIаракат бахъулеб буго бакIалъулаб парламенталде жидерго чи ккезаризе. Гьелъие кинабго административияб ресурсги хIалтIизабулеб буго. Гьеб иш бажарун хадуб, конкуренция лъугIула.

Амма гьеб конкуренция буго росабазда, гьениб цо-цо мехалда кIудияб къеркьей унеб буго. Гьеб даражаялдаса тIадехун къануналъ нух къан буго республикаялъул нухмалъиялда дандбачIого политика гьабизе.

Цойги жо, рищиязул къануназда араб соналъ хиса-басиял гьарун хадуб гIемерисезда лъалел гьечIо жидер ихтиярал ва гьел мекъи кколел руго ва къеркьезе жеги ругьунлъун гьечIо.

ТIалъиялъ гьелдаса пайда босулеб буго. Халкъияб мажлисалде рищияздаги гьединабго хIал букIине буго, ХъахIаб рукъал рищиязул комитеталда тIад кверщел гьабулеб буго. Амма цо гIезегIан финансовияб ва политикияб къуват ракIалдаго гьечIого гьоркьоб жубани сюрпризалги рукIине рес буго».

БачIунеб соналъ Дагъистаналда тIоритIизе руго республикаялъул Халкъияб мажлисалде ва гьединго Россиялъул Пачалихъияб думаялде рищиял. Исана рищиял тIоритIана республикаялъул гIемерисел мухъазда. ТIолго республикаялда мухъазул бутIрул рищиялъул процесс лъугIизе буго ноябрь моцIалъул ахиралда.

XS
SM
MD
LG