Ссылки для упрощенного доступа

Исламофобия дагьлъичIо, гьеб «кьижун» буго


9 ноябрь ккола тIолгодунялалда фашизмалде ва антисемитизмалде данде къеркьолеб къолъун. Амма ахирал соназ дандчIвазе бегьула фашизм бергьараб улкаялда фашизм тIегьалеб бугин абураб пикру. Гьелъие гIиллалъунги кколел руго Россиялда тIоритIулел “ГIурусазул маршалги” гьезул гIахьалчагIазул къадар гIолохъанлъулеб ва гIемерлъулеб букIинги. Россиялда исламофобиялъул хасаб тарих бугин, исламофобияйин абигицин мекъаб бугин рикIкIунеб буго “Новое дело” газетаялъул редактор СагIитовас.

Россиялда 2013 соналде данде ккун, 2015 соналда ксенофобиялъул хIалуцин дагьлъанин лъазабулеб буго август моцIалда тIобитIараб цIех-рехалда «Левада» централъ. Гьебго заманалда, социологаз хадуб хал кколеб буго «Россия гIицIго гIурусазе» абураб лозугалъул рахъ кколезул. 1992 соналда гьедин рикIкIунезул къадар цIех-рех тIобитIаразда гъорлъ 30 процент букIунеб букIун батани, 2015 соналде гьедин рикIкIунезул къадар 51 проценталде бахун бугила.

ЦерегIан къояз Санкт-Петербург шагьаралда Таджикистаналдаса мигрантазул 5 моцI бараб лъимер низам цIунулез эбелалъухъа бахъун ун, хадуб гьеб хун батун буго. 5 моцI барав ГIумаргIали Назаров хвеялъул гIилла лъазабуна гьал къояз диваналъул медикияб экспертизаялъ, амма гьелда тIубан божулел гьечIо я эбел-эмен, я гьезул адвокат.

2000 соназдаса бахъун Россиялда ксенофобиялъул къурбаналлъун лъугьана Кавказалъул миллаталги.

«Левада» централъул эксперт Карина Пипиял пикруялда, Кавказалъул регионазда рукIарал рагъулал тунка-гIусиязда хурхун халат бахъараб заманаялъ кавказияздехун негативияб бербалагьи букIун буго цIех-рехаз бихьизабулеб, гьелъулго хIасилалда баккун буго исламофобияги.

2013 соналде щвезегIан исламофобия букIанин гIаммаб, гьукъулеб букIанин школалда хIижаб чIвай, Москваялда ва цогидал шагьаразда мажгитал рай букIанин проблемалъун, амма гьеб хIал хисанин, политика хисидал, гьединлъидал исламофобия ва ксенофобия кколин тIалъиялъе данде кковухъе рижулел жалин рикIкIунеб буго Иорданиялда цIалулев вугев Дагъистаналдаса ГIали МухIамадовас. ЦIакъго мекъаб букIинила, бусурбабазул гIайиб бугин исламалде рокьукълъи букIинин абунани.

ГIали МухIамадов: «Халкъ, гIадамал гIайибиял гьечIо, хIукумат ва гьелъул политика ккола гIайибияб. Исламофобия лъица бижизабулеб ва лъица гьеб цIадулъе цIул балебин гьикъани, дир пикруялда гьел руго гьересиял экспертал, лъай гьечIел ва проблемаялъул бичIчIи гьечIел чагIи, жидер пикру цIехолел. Цогидаб рахъалъ, цIакъ мекъаб политика ккола бусурбаби къокъабазде рикьун, цоязда тIад квер бахъун, цогидазда хъат бай. Гьелъги цIикIкIинабула исламалде бугеб рокьукълъи. Кин? ХIукуматалъ жинца рахъ кколезухъе жидерги рахъ кквезе кьола ихтиярал ва ресал, гьез пайда босун, битIун ва мекъи байбихьула жидерабго цебе цун, хутIараб чIегIер гьабизе. Масала, жакъа Дагъистаналда салафиял ва суфиял рикьи, хIукуматалъ рахъ ккола хIанапиязул, Имам ШафигIил насабалъул чагIи къабулал гьечIо, амма гьезухъе кIиязухъего кодобе ярагъ щун рагъ байбихьанани, щал гIайибиял рукIине ругел? ГIайибаб ккола гьединаб хIал лъугьинабураб хIукумат. Телевизораздасан ва цо-цо информалатаздасан унеб буго бусурбаби цуцаде гьуси. Гьеб рахъалъ битIараб политика тIобитIулеб буго гьаниб. Иорданиялда изну буго дуе бокьараб дин гьабизе. Гьукъараб буго гIицIго би тIезе ва тIалъиялде данде рахъине. Сверухъ ругел улкабазда рагъул кор бугеб заманалда гьаниб буго гIодобе биччай».

Исламофобия абураб цIар мекъаб бугин, гьелда гъоркь бахчун бугин экстремизмалде бугеб рокьукъли, амма информалатаз тIобитIулеб мекъаб политикаялъул хIасилалда хисулеб бугин бичIчIийин рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас. Жакъа, батIи-батIиял гIиллабазул хIасилалда, ксенофобия даглъун бугила.

ХIажимурад СагIитов: « ГIаммаб куцалда кавказафобиялъул хIалуцин гIодоцана Россиялда, гьеб хурхараб буго батIи-батIиял гIиллабазда: цо рахъалъ информсурсатаз рейингазда хадур лъугьун кьолеб букIана информация хал гьабичIебгицин. Гьеб заманалда хIажатал рукIана рокьукълъиялъул, кавказияздехун лъикIаб гьечIеб бербалагьи бугеб информациялъул. Украинаялда багъа-бачари байбихьидал, Россиялда жаниб кIварбуссана къватIисел проблемабазде. КIвар кьезе байбихьана патриотизм бижизабиялде, гьелдасан хIалуцинги дагьлъана. Исламги экстремизмги бащад гьабизе бегьуларо. Руго гIунгутIаби бусурбабазул Россиялда, амма жив исламофоб вугин абурав чиясда цIехезе ккола, гьесул рокьукълъи экстремизмалдехунищ бугеб, яги ислам диналдехунищали. Цин гьеб бичIчIи мухIкан гьабизе ккола. Жакъа Россиялда бугеб къагIидаялда исламофобиялъе къимат кьезе захIмалъула».

Ислафобиялъул хIалуцин ва миллатазда гьоркьосеб рокьукълъи бихьулаго дагьлъун бугониги, гьеб тIубан тIагIун гьечIин рикIкIунеб буго социологаз, гьеб гIицIго «кьижун» бугила.

XS
SM
MD
LG