Журналист ва шагьаразул тарихчIужу Светлана Анохиналъ бахъараб «БукIана гьединаб шагьар. Дербент» абураб тIехьалъ рес кьолеб буго тарихалде буссараб некIсияб шагьаралъул гІумру цІидасан гІадамазул пагьмуялде нахъ буссинабизе. Дербент шагьаралда гIумру гьабун рукIарал ва гьанже гIумру гьабулел гIадамазул тарих буссун буго берцинаб тІехьалде. Гьелъие кумекги жалго гІадамаз гьабун буго. Проекталъул автор Светлана Анохиналъ ва гьелъул командаялъ техь хIадур гьабулаго ракIарал басриял суратаздаса нижер мухбир Алиса Алдашевалъ хIадур гьабуна фотогалерея.
"БукIана гьединаб шагьар. Дербент"

16
Дербент «Ермоловасул каваби» абулеб кIамури. 1859 соналда, Шамиль асирлъуде ккун хадуб Ермолов кIодо гьавун рарал триумфалъулал каваби.

17
Дербент. Щулалъиялъул цо каваби. ХХ гIасруялъул авал.

18
Дербент. ЦIолбол даран. ХХ гIасру

19
Дербент. ХХ гIасруялъул авал

20
Дербент. Экипаж.

21
Дербент. Тахта-базар. ГIечул даран.

22
Дербент. Ралъдал рагIаллъи.

23
Дербент. Нарын-хъалаялдаса шагьар бихьулеб буго. ХХ гIасруялъул авал.

24
Дербент. Анкьабилеб магъал. ХХ гIасруялъул авал.

25
Дербент. «Родина» кинотеатр. Дербент, ХХ гIасруялъул 50-абилел сонал.

26
Дербент. «Каля-Капи» щулалъиялъул къед.

27
Петр ТIоцевесесул рукъ. ХХ гIасруялъул авал. Гьанже гьеб бакI къачIан рагьун буго музеялъулаб комплекс.

28
"БукIана гьединаб шагьар. Дербент" - журналист Светлана Анохиналъ нухмалъулеб проекталъул хIасил.