Россиялъул президент Владимир Путиница Астанаялда цеве вахъун, абуна, Цолъарал Штатаз Россиялъул делегация къабул гьабулареблъи конструктивияб - гуреб позиция бугин. Путинил рагIабазда рекъон гьадинаб позициялъ бихьизабулеб бугин жидеда Сириялъул суал гьоркьоб лъезе ва дандбазе кIолареблъи.
Жиндир иргаялда Америкалъул президент Барак Обамал администрациялъул вакилас лъазабуна, Цолъарал Штатазул хиял гьечIин Сириялъул суал Россиялъулгун дандбазе, гьелъ халкъаздагьоркьосеб коалициялъулгун цадахъ Исламияб пачалихъалде данде къеркьей гьабизегIан.