Ссылки для упрощенного доступа

Дотациялъулаб Дагъистаналъе биччалеб гIарац гIолеб гьечIо


Россиялда 2016 соналъ бищун кIудияб къадар дотациязул унеб регионлъун кколеб буго Дагъистан. Кавказ кваназиби чIалгIиналъул бицунеб чанго сон бугониги, жакъа Дагъистаналъул хIакъикъиял хIажатал тIуразе жеги цIикIкIараб гIарац къваригIунин рикIкIунеб буго экспертаз.

Россиялъул Финансазул министерлъиялъ 2016 соналда регионазе дотациял чIезарун руго. Шималияб Кавказалъул республикаязе гIаммаб куцалда 112 млрд. гъурущ биччалеб бугин лъазабулеб буго «REGNUM» ИАялъ. Дагъистаналъе 2016 соналде бихьизабураб дотациязул къадар бащалъулеб буго 46 млрд. гъурщидаса цIикIкIараб гIарцуда. Гьеб къадар бищун цIикIараблъун кколеб буго Шималияб Кавказалъул цогидал республикаязда гъорлъ гуребги, тIолго Россиялдаго.

46 млрд. гъурущ батIа тIун босун кIудияб къадарлъун кколин, амма жакъа Дагъистаналда бугеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал Россиялда бугеб гьоркьохъеб даражаялде бачине кканани гьелдаса лъабго нухалъ цIикIкIараб гIарац хIажалъулин абураб пикруялде рачIунел руго экспертал.

Цо иш бугила Дагъистаналъул тIалъиялъ ва батIи-батIиял статистикабазда росулел тарихал: росдал магIишаталъул, социалиябгун экономикияб сфераялда ахIвал-хIал лъикIлъулеб бугин абурал, гIемерисеб мехалъ статистикаязда кьолел тарихалги хIакъикъатги тIуран батIиял рукIунин абураб пикру загьир гьабулеб буго экономист Михаил Чернышовас.

Цогидаб рахъалъ, Дагъистаналде тIолго Россиялда гъорлъ бищун цIикIкIараб къадар дотациязул унеб букIиналъе гIилла бугила республикаялда бищун цIикIкIараб къадар хIалтIудалъун хьезаричIезул букIин ва рагIдукь бугеб экономика букIин. Аслияб хIалалъ кинаб босаниги регионалъул бакIалъул бюджет гIуцIараб букIунила ракIарарал магъалабаздаса, Дагъистаналда ракIаризе кколел магъалабазул дагьаб къадар гурого бакIарулареблъи лъиего балъголъи кколарин бицана экономистас «Эркенлъи» радиоялъе.

Михаил Чернышов: «Регионалда экономикиябгун социалияб хIал лъикIлъун букIин бихьула жанисеб валовый продукталъул къадар бахиналдаса. Гьеб бахун буго республикаялъул тIалиялъул хъвай-хъвагIаязда, магъалабазул, социалияб сфераялда ругел хисиязул бицунеб бугеб жо ккола батIияб иш. ХIакъикъияб хIал республикаялъул экономикаялда хутIулеб буго негативияб.

Гьел дотациябазда рекъон биччалеб гIарац ккола федералияб централъ тIадаб борч тIубазе, ай харжал, пособиял ва цогидал кьезе биччалеб гIарац. Гьединлъидал гьеб гIарцуца республикаялъе кинаб бугониги цебе туркIи кьезе рес гьечIо, щай гурелъул гьединаб мурад лъолеб гьечIолъун федералияб централъ, ресги гьечIогон. Экономикаялда бугеб хIал хисизабизе кканани хIажалъула 100 млрд. гъурщидаса дагь гьечIеб гIарац лъагIалие, амма гьеб гIарац гьечIо».

Республикаялъул тIалъиялъул кинал го хьулал рукIунила дотацияби риччан бачIарабгIанасебго гIарац инвестирование гьабунги щвезе бугилан, амма инвестициялда иш цIакъго квеш бугин тIаде жубана экономистас. Гьединлъидал инвестированиял гьарун биччан бачIараб гIарцул экономикаялъе квербакъи букIинин ругел хьулал гIададисел ругила.

Дагъистаналде 2016 соналде биччалеб бугеб 46 млрд. гъурущ цогидал соназде данде ккун цIикIкараб гьечIин, 60 млрд. гъурущ дотациязул биччалел саналги рукIанин абулеб буго экономикияб рахъалъ «Черновик» газетаялъул эксперт Эдуард Уразаевас. Республикаялъул ругел хIажатазда гьел дотациял данде кколарин рикIкIунеб буго гьес.

Эдуард Уразаев: « Федералияб бюджеталда 2016 соналда Дагъистаналъе бихьизабураб 46 млрд. гъурущ тIоцебе балагьидал ккола цIакъго кIудияб къадарлъун ва иргадулаб нухалда Кавказ кваназабураб гIелилан абурал цо-цо гьаркьал раккизарула. Амма жакъа нилъер республикаялда бугеб цебетIураб демографиялъул ахIва-хIал, социалияб инфраструктураялда бугеб лъикIаб гьечIеб хIал, гьединго экономикаялъул сфераялда ругел гIунгутIаби тIагIинаризе кканани гьеб гIарац кинго гIоларо.

Жакъа Россиялда бугеб гьоркьохъеб рукIа-рахъиналъул даражаялде Дагъистан бачине кканани хIажалъула гьеб биччалеб дотациялдаса чанго нухалъ цIикIкIараб гIарац. Гьелъул бачIинтIаго бицунеб букIана Рамазан ГIабдулатIиповасги, амма гьеб биччалеб бугеб дотация кIудияб гуреб, цересел саназда данде ккун дагьабцин буго».

Дотацияби хIисабалда биччалеб гIарац гуребги батIи-батIиял федералиял программабазда рекъон рачIунел трансфералги хIисабалде росизе кколин тIаде жубана Уразаевас. Масала, 2025 соналде щвезегIан Дагъистаналда социалиябгун экономикияб хIал лъикIлъизабиялъул мурадалда биччазе бихьизабун бугила 70 млрд. гъурущ. ЛъагIалие хIисаб гьабунани гьеб кколила 7 млрд. гъурущ. Амма гьебги дагьаб бугила экономика цебетIеялъе.

XS
SM
MD
LG