Евроцолъиялъе бокьун буго заманалъ, ай ункъго моцIалъ, Белорусалдаса ва гьелъул президент Александр Лукашенкодаса санкцияби тIаса рахъизе.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ пуланав дипломатасул рагIабазда базабун.
Гьединаб хIукму къабул гьабизе бегьула итни къоялда. Гьеб кинабго бараб букIине рагIула, гьатIан къоялда Беларусалъул президентасул рищиял тIоритIиялъул къагIидаялда.
Жиндирго гали Брюсселалъ хурхинабулеб рагIула дагьалъ цебе Беларусалъул анлъго оппозициялъуласе амнистия лъазабиялда.
Евроцолъиялъ гьединго лъикIаб къимат кьолеб буго Минскалъе Украиналъул конфликталда хурхун тIоритIарал кIалъа-басаязда улкаялъул лъикIаб ролалъе ва Беларусалъул территориялда Россиялъул рагъулаб база лъезе Лукашенкоца инкар гьабиялъе.