Россиялъул вукIарав финансазул министр Алексей Кудринца рикIкIунеб буго, Россиялда пенсиялъул гIелалъул даража лъабго сонидаса, ай президентасул рищиязда хадуб, борхизабизе бегьулин.
Гьанже парламенталъулги президентасулги рищиязда цебе, гьесулго пикруялда, хIукуматалъе бокьун гьечIо гьединаб, гIадамазе цIакъго ракIалъе гIолареб галиялде ине.
Цебесеб къоялда Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабун букIана, хIукуматалъул планалда гьечIин гIагарисеб заманалда пенсиялъул гIелалъул даража борхизабизеян.
Сентябралъул ахиралда финансазул министр Антон Силуановас , Пачалихъияб Думаялда цеве вахъунаго, парламентариял ахIулел рукIана, нахъ тIамичIого пенсиялъул системаялда реформаби тIоритIиялде ва гьединаб къагIидаялда бюджеталъул проблемаби дагьлъизариялде.