Ссылки для упрощенного доступа

Пашманал гьумеразул кIалъа-басаял


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъул 70-леб сессиялъул кулуаразда Россиялъул ва Цолъарал Штатазул президентал Владимир Путинилги Барак Обамалги гара-чIвариялъ гьабин абизе бегьулеб, беццизе бегьулеб хIасил кьечIин, рикIкIунеб буго цо-цо информалатаз. Гьеб гьезул пашманал гьурмаздасацин бихьулеб букIанин, хъвалеб буго цо-цо журналистаз.

Reuters агентлъиялъ лъазабухъе, Россиялъул президент Владимир Путиница гьеб гара-чIвари рикIкIун буго пайдаяблъун.

Владимир Путин: «Россиялъулги Цолъарал Штатазулги гьоркьорлъабазул даража цIакъ гIодобе ккун буго. Гьебни, дир комментариял гьечIониги, бихьулебги буго. Амма гьеб кколаро нижер инициатива. Гьеб ккола Америкаялъул партнеразул позиция. Дир пикруялда, гьеб ккола квешаб хIакъикъат, кIиябгорахъалъулал гьоркьорлъабазе гуребги, тIолабго дунялалъул ишазеги. Амма гьединаб нух бищана Цолъарал Штатаз.

Ниж кидаго хIадурал руго гьел гьоркьорлъаби цIилъизариялде, гьел тIуранго рукIалиде рачиналде. Жакъасеб данделъиялъул бицани, гьеб букIана цIакъ пайдаяб. Хасго ракIалъе гIолеб жо ккола, гьеб букIана цIакъ ракI рагьараб».

Путиница биччалеб буго «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялде данде Магърибалъул къуватазда цадахъ Россияги Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул тIадкъаялда рекъон, гьаваялдасахун къеркьезе бегьиялъул рес.

Associated Press агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, Путиница щибниги абун гьечIо данделъиялда Украиналъул машрикъалъул рахъалда загьирлъулеб кризисалда сверун. ХъахIаб Рукъалъиин абуни, данделъиялда цебе лъазабун букIана Америкаялъул рахъалъе гьеб суал кколин бищунго кIвар кIудияблъун гьеб гара-чIвариялдайин.

Амма Reuters агентлъиялъул информациялда рекъон, Украиналъул суалалъе гьеб гара-чIвариялда бащдаб гIанаб заман хвезабун буго. Обамаца жиндирго ургъел загьир гьабун буго Путиние Донбассалда жидецаго жалго лъазарурал республикабазда Минскалъул къотIи-къаязул тIалабазде данде кколарел бакIалъулал рищиял тIоритIизе хIадурулел рукIиналда бан.

«Медуза» абураб интернет-сурсаталъ хас гьабун кIвар кьолеб буго Украиналда хурхун Обамаца гьабураб лъазабиялде.

Барак Обама: «Россиялъ Крымалъул аннексия гьабуна ва квербакъи гьабулеб буго Украиналъул машрикъалда загьирлъулеб агрессиялъе. Цолъарал Штатазул Украиналда гьечIо экономикиял интересал. Амма гьединаб вахIшияб къагIидаялда суверенитет хвезабулеб мехалда, нижеда кIоларо хьибилалдасан балагьунги чIун рукIине. Гьеб гьедин толеб бугони, гьединабго жо ккезе бегьула бокьараб цоги улкаялда хурхунги. Россиялде данде санкцияби Цолъарал Штатаз цIорораб рагъалъул заманазде нахъе руссине бокьун гурел лъазарурал, гьел лъазаруна гьединаб хьвада-чIвадиялъул хIасил кинаб букIине бегьулебали бихьизабиялъул мурадалда».

NBC News телеканалалъ кIвар буссинабулеб буго гара-чIвари лъугIун хадуб Россиялъул президентасул рагIабазде.

Владимир Путин: «Нилъер гIемер буго гIаммаб жо. РагIирекъонгутIиял хутIулел руго, амма нижеца щулияб кьучI лъуна проблемаби цадахъ лъугьун рагIалде рахъинариялъул мурадалда».

Россиялъулги Цолъарал Штатаз нухмалъулеб коалициялъулги къуватазда гьоркьоб Сириялда лъачIого тунка-гIусиял ккунгутIиялъул мурадалда рагъулал экспертазул консультацияби тIоритIиялда хурхарал къотIи-къай гьабунин рахъазин, лъазабулеб буго гьебго сурсаталъ.

Америкаялъул прессаялъ хъвалеб буго, Обамае абизегIан бокьунцин букIинчIин Путингун дандчIвазе ва гьединаб къагIидаялда Россиялъул коллегаца билъанхъизабулеб политикаялъул легитимизация гьабизеян. Амма Америкаялъулгун Россиялъул гьоркьорлъабазда рагIирекъонгутIи ва бичIчIунгутIи цIакъ гIемерлъун бугин, хIалбихьизе кколин бадиса бадиеве балагьун кIалъан, гьел дагьлъизаризеянги абун, гьев гьеб галиялде гьесизавун вуго Обамал кумекчагIаз.

Гьеб гара-чIвариялда цебе Генералияб Ассамблеялда цере рахъунаго, рахъаз гIемер гIайибал гIунтIизаруна цоцаде. Гьелъ, узухъда, гьеб гара-чIвариялъул атмосфера гIуралъ хвезабунин, рикIкIунеб буго цо-цо политологаз.

Мисалалъе, «кассетабазул бомбаби ран жиндирго халкъ гъурулев» Башад Асад зулмучи кколин абураб мехалда, Россиялъул делегациялъул гIахьалчагIи рукIун руго бутIрул кIорокIолел.

ТIубанго Америкаялъул президентас Сириялда хурхун лъазабун буго гьадин:

Барак Обама: «Кассетабазул бомбаби ран жиндирго халкъ гъурулев Башад Асад зулмучи ккола ва гьединлъидал гьев нухмалъиялда хутIизе кколаро. Гьединаб битIеялда хадуб, конфликт загьирлъилелда цебе букIараб статус-квоялде нахъе руссиналъул биценцин гьабизе кколаро.

Сириялда жаниб бугеб ахIвал-хIал кколаро гьелъул жанисеб проблема. Гьеб ккола тIолабго дунялалъул жамгIияталъул проблема. Цолъарал Штатал хIадурал руго Сириялъул нухмалъи заманалъулаб талъиялъухъе кьеялда хурхун цогидал улкабигун, гьездаго гъорлъ Россиягун ва Ирангун, гьоркьорлъаби гIуцIизе. Сириялда ахIвал-хIал рукIалиде бачине ккани, гIицIго рагъулаб къагIида гIоларо».

КIиявго президентасул Сириялъулги Украиналъулги кризисал рагIалде рахъинабиялда хурхарал позицияби данде кколареблъи бихьулеб букIанин Генералияб Ассамблеялъул данделъиялда докладал гьарулеб мехалдагойин, лъазабулеб букIана информалатазги.

XS
SM
MD
LG