Ссылки для упрощенного доступа

130-ялдаса цIикIкIкун чи чIван вуго Йеменалда


СагIудиязул гьавадул къуватаз Йеменалде гьарурал гьужумазул хIасилалда 130-ялдаса цIикIкIарав чи чIван вугин. Гьезда гъорлъ – гIемерал лъималги руччабиги, ян лъазабуна Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.

СагIудиязул тIадтарал гьеб гIайибалъе мукIурлъулел гьечIо, ва гIайиб рагъухъаназда чIвазабулеб буго.

СагIудиязул ГIарабиялъ бетIерлъи гьабулеб буго Йеменалда хуситазде данде рагъ бачунеб коалициялъе. НугIзазул баяналда рекъон итни къоялъ Аль-ВахIижах абулеб росулъ бертин унеб мехалда рагъулал боржарабаз кIиго ракета биччан буго.

Хуситазул къеркьохъаназ Йеменалъул хIукуматалде данде рагъ бачунеб буго.

XS
SM
MD
LG