ООНалъ хIадур гьабураб докладалда лъазабулеб буго Афгъанистаналда «Исламияб пачалихъ абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъе гьабулеб квербакъи улкаялда цIикIкIунеб букIиналъул хIакъалъулъ.
ООНалъул экспертазул хIисаблада, 34 провинциялда гъорлъан 25-ялда цIикIкIун буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъе лъугьине бокьарал яги гьезул идеологиялъул рахъ кколел гIадамазул къадар. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго France-Presse агентлъиялъ.
Докладалда кIвар буссинабулеб буго араб соналда талибазул лидер Молла ГIумарил кумекчилъун вукIарав яргъид гIуцIаразде асар кIудияв ГIабдул Рауф Хадемица Гильменд ва Фарах провинциязда жиндирго къокъа гIуцIун букIиналде.
Цо-цо баяназда рекъон, Хадемица Афгъанистаналда ракIарулел рагIула Сириялде «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъ рагъизе бокьарал гIадамал. Гьес рагIи кьолеб рагIула гьезие кIудияб гIарац кьезе бугин абун.