Ссылки для упрощенного доступа

«Аль-ГIакса» мажгиталда тунка-гIуссиял


Къудсалда, ай - Иерусалималда, гьале лъабабилеб къоялъ халат бахъунеб буго ГIизраилалъул полициялъулгун палестиниязул дандечIей.

ГIизраилалъул низам цIунулезул баяналда мугъ чIвай гьабун, Associated Press агентлъиялъ лъазабуна полициялъ «Аль-ГIакса» абулеб тарихияб мажгиталъул азбаралде рачIанин гьенир ракIкIарарал палестиниял нахъе гъей мурадалда. Ккун вугин кIиго палестинияв. Полициялъулазда кIвана низам тIадчIезабизе ва гьенире рачIунел туристазе нух рагьизе.

XS
SM
MD
LG