Германиялъул ва Австриялъул тIадтараз талат къоялъ ахIи бана тIаде бачIунеб анкьида Евроцолъиялъул хасаб саммит тIобитIиялде. Гьоркьоб лъезе кколеб суал - миграционияб кризис рагIалде бахъинабиялде нухал ралагьи.
Берлиналда букIараб цадахъаб пресс-конференциялда Германиялъул канцлер Ангела Меркелица абуна Германиялдаги, Австриялдаги, Швециялдаги гьеб масъала тIабазабизе кIоларин Евроцолъиялъул цогидал улкабаз кумек гьабичIони. Евроцолъиялъул цо-цо улкабаз инкар гьабуна Европаялде мисал гьечIеб къадаралда рачунел легалиял мигрантал къабул гьариялдаса.
Гьел улкабазде тIадецуй гьабизе ккола, ян лъазабуна талат къоялъ Германиялъул жанисел ишазул министр Томас де Мезьерица.