Ссылки для упрощенного доступа

«Бакъулал» лъималазул байрам


12 сентябралда МахIачхъалаялда Даунил синдром бугел лъималазул рахъккун, гьезул хIурматалда тIоритIана рекериялъул къецал. Гьеб тадбир гIуцIарал «Жизнь без слез» абураб сакъатал гIадамазе кумек гьабулеб идараялъул вакилзабазул рагIабазда рекъон, гьеб тадбиралъул аслияб мурад буго унтарал лъималаздеги гьезул проблемабаздеги кIвар буссинаби.

Шамат къоялъ МахIачхъалаялъул Ленинил комсомолалъул цIаралда бугеб ахикь Даунил синдром бугел лъималазул рахъккун тIоритIарал рекериялъул къецазулъ 156 чи гIахьаллъана. Дагъистаналда тIоцебе тIоритIулел ругел гьел къецазул гIахьалчагIазул сияхIалде росизе ккани 17 сониде рахинчIез 150 гъурущ кьезе кколеб букIана, 18 ялдаса цIикIкIун сон бараз 300 гъурущ кьезе кколеб букIана. Бищунго гьитIинав гIахьалчиясул букIана лъабго сон.

Гьеб тадбир гIуцIаразул цояз, сакъатал лъималазе кумек гьабулеб «Жизнь без слез» абураб жамгIияб идараялъул вакил Макуева СагIидатица «Экренлъи» радиоялъе бицана гьеб марафоналъул гIахьалчIазухъа щварааб кинабго гIарац ине бугила Даунил синдром бугел лъималазе хасаб цIалул центр баялъе. Дагъистаналда жакъа къоялде гьединал лъималазе ресалги шартIалги чIезарун гьечIила, гьел кверхьвагIун тун ругила гIемерисезилан абун рахIатхун буго гьелъул.

Макуева СагIидат: «Гьаб тадбир нижеца тIобитIулеб буго Даунил синдром бугел лъималазул рахъкквезелъун, гьезул проблемабазде кIвар кьезелъун. Гьединго, цойги гIадамазда гьеб щиб унти кколебали , гьединал хасал, цойгидазда релълъинчIел лъимал нахъецвизе бегьулареблъи бичIчIизабизе. Цойгидазда релълъарав гьечIогойилан абун чи, жамгIиятда гьоркьоса нахъе вахъизе бегьуларелъул. Нижеца гьел лъималазда бакъулал лъималилан абула. Нилъер гIадамазул гIемерисез гьезде кверхьвагIун тун букIуна, гьел гIанатал-тохал чагIилъун рикIкIуна.

Гьеб буго нахъеккараб мекъаб пикру. ЛъикIаб хIалалъ, хасал къагIидабиги хIалтIизарун гьединал лъималазда тIад хIалтIани, гьезда цIализеги лъала, хъвазеги лъала, цойгидал сахал гIадамазухъ гIадин бажаринчIониги, жидего бетIербахъи гьабунги бажарула. Гьел лъимал куцазе республикаялда ресал гьечIолъи буго бищун квеш ккараб жо.

Дагъистаналда цохIо нижер «Жизнь без слез» абураб жамгIияб идаралъ рагьун буго гьел унтарал лъимал цIализарулеб гьитIинабго центр. Гьенив гьаб сагIат 45 чи вуго цIалулев. Гьел чIобого цIализарула, кваназарула гьенир, рачинеги щвезаризеги унеб автобусги буго хасаб. Цойгидал школазде росизе инкар гьабурал лъимал руго нижер гьенир, амма гьединаб центр чанго букIине ккола нилъер гьаниб».

Гьединго СагIидатица бицана жидеца гьеб центарлда цохIо хъвай-цIализе гурониги рукIа-рахъиналъул суалал тIуразеги малъулила гьел лъималазда. Тукадеги инеги, токалъухъ газалъухъ гIарац кьезеги, хIажатал документал росизе инеги, азарханаялдаса кколеб кумек тIалаб гьабизеги, палхIасил, къойил гIадатияв чиясда дандчIвазе бегьулел проблемаби тIуразе ва жалго жидедаго чIун гIумру гьабизе ругьун гьарулел руго гьел лъимал.

Гьеб тадбиралъул гIахьалчагIи Каспийскалдаса Смирновазул хъизамалда кIиго буго сакъатаб лъимер. Гьезул цо яс йиго Даунил синдром бугей. Гьей лъималазул эбел Ларица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьел церехун бицарал гIадал тадбираз жиндир ракI чIаголъизабун бачIунилан. Нагагь жиндие щибниги лъугьани, жиндир лъимал реххун теларин гьел гIадамазин абураб хьул букIунила жиндир рекIелъилан абун магIу бацIцIана гьей гIаданалъ. Гьеб бакIалдагоги тIадеги жубана жий жиндир къисматалдаса разигьечIого, яги къварилъиялъ гурила гIодилей йигей, сундухъин дуца дие унтарал лъимал кьуралин абун Аллагьасдаги гьанже жинца тIокIаб цIехоларилан абуна гьелъ. Жий жакъа йоххиялъ гIодизе ячIуней йигин абуна Ларисаца.

Лариса Смирнова: «Гьадинал тадбиразул ниж гIадал чагIазе цIакъ кIудияб кIвар буго. Щай гурелъул нижги цойгидал гIадамлго гIадин гьаб жамгIияталъул гIахьалчагIи кколеблъи бихьула гьадинал бакIазда. Цойгидазда релълъинчIел дир гIадал лъимал ругел цойги умумузулгун лъай –хъвай ккола, цоцазе гIемераб хIажатаб информация кьола. ЦIакъ къанагIат гурони нижер гIадал лъималазде кIваркьун, гьезул тIалаб гьабурал тадбирал тIоритIуларо Дагъистаналда.

Дун гьелда цIакъ рекIекълъунги йикIуна, щай гурелъул гьелги цойгидалго гIадин Аллагьас рижарал гIадамаллъидал, цойгидаздаса лъикIал ратани гурони квешалги гьечIо гьел. Дие гьеб унтараб лъимер гьаби кIудияб къварилъи букIана тIоцебе, дун кидаго йикIана киназдасаго бищунго берцинайги, цIализеги лъикIай, спортсменкаги йикIана дун, дида дун кутакай чIужуйилан кколаан.

Гьедин дир пахрулъи гIодоб буссинабизе кьун батилин дие Аллагьас гьединаб лъимерилан кколаан. Хадуй дун гIодое йиччана, дун ясалда тIадхIалтIизе лъугьана. Заманалдасан гьединаб лъимер хъизаналда букIин къварилъи кколареблъи бичIчIана, цохIо нилъерго гIумру дагьаб батIияб къагIидаялъ гьабизе ккола».

Россиялада щибаб санайил 2500 гIан Даунил синдром бугел лъимал гьарулел руго. Дагъистаналда гIага-шагьарго гьединаб 300 гIан лъималаз гIумру гьабун буго.

XS
SM
MD
LG