Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъ Украиналъе газ бичиялда сверун цо пикруялде рачIун руго


Еврокомиссиялъул вице-президент Марош Шефчовичильгун букIараб гара-чIвариялда хадуб, Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакица лъазабуна, Россиялдаги Евроцолъиялдаги бажаранин хасалил периодалда Украиналъе газ бичиялда сверун цо пикруялде рачIинейин.

Гьесул рагIабазда, Россия гьединго хIадураб буго Украиналъе газ учузаб багьаялъ бичизе.

«Газпромалъул бетIер Алексей Миллерил рагIабазда, цебе гьабураб къотIи-къаялда рекъон, Киевалъ босизесеб газалъул кIиго миллиард кубометралъухъ 500 млн доллар кьезе буго Евроцолъиялъ.

XS
SM
MD
LG