Ссылки для упрощенного доступа

«Адабияталъул сон» ва нух къосараб адабият


Исана Дагъистаналда ахихъанлъиялъул соналда цадахъ лъазабун буго «Адабияталъул сонги». Тамашаяб жо гьечIищха гьеб «адабияталъул сон» абураб жо? «Ахихъанлъиялъул сон» цебе тIамизе кIола нилъеда. Масала, пуланаб магIишаталда, росдада, районалда цебе лъела пуланаб къадар ахазул чIезе, пихъ бакIаризе ва гь.ц. Адабият? Гьаниб кин гьабилеб, щибаб росдада хадур кучIдул, къисаби, маргьаби хъваянищ лъелеб? Театралда пьеса лъезейищ тIамилел? Гьелъиеги жидерго къагIида батана адабияталъул жаваб кьолел чагIазда ва хIукуматалда.

Пуланаб къоялъ пуланаб районалде рачIуна жалго жидецаго поэталин рикIкIунел чагIи кучIдул цIализе. У ле, жалго жидецаго… ГьечIелъул кинабгIаги орган пуланав чи поэт вугин, ялъуни гьечIин чIезабулеб. ЦохIо дуцаго мунго поэтлъун рикIкIани гIолеб буго.

ЦIакъго хIаракат бахъани, гьоркьохъаби тIамуни «халкъияв поэт» абураб цIарцин щола. Исана битIахъе цIад бана гьел цIаразул. Руго «халкъиял поэтал» 90 процент халкъалда щалали рагIичIелги, руго цониги жидецаго хъвараб кечI тубан ракIалдаса цIализе кIоларелги. ХIисаб гьабеха, кинал «халкъиял поэтал» гьел рукIунищали. Гьеб батIияб тема буго.

ХIасил калам, гьел жалго жидецаго поэтлъун тIамурал чагIи рачIуна райцентралде. Дова вугев районалъул бетIер абурав чиясда гьитIинаб мехалда тIехьалда вихьарав Сулейман Стальскийгун ЦIадаса ХIамзат гуронани гьел поэтал абурал чагIи рукIинцин лъалароан. Гьесда лъала жакъа республикаялъул нухмалъуда вугев ГIабдулатIипов гьеб «мазгьабалъул», хъвай-цIали цебе ккурав чи вукIин. Гьел гIадамалги магIарухъе кучIдул цIализе гIадада рачIун гьечIолъи. Гьес гьалбал рачуна цебесеб къоялъго кьварун залалде рачIаян лъазабурал, 6 азарго гъурущ моцIие щолел хIалтIухъабазда тIаде.

Цеве вахъуна поэт Къуручанов жинда цере тIамулел ругел жалазул бицараб кечI цIализе. Президиумалда вугев АхIмадов МухIамадида мухIканго лъала Къуручановас цIалулел жалазулъ цо «хъалиян цIазецин цIа гьечIеблъи». Амма АхIмадовас гьеб бахчула. Районалъул бетIерги вукIуна бетIер гьанкIезабулев, унгоха хъван бугеб лъикI гьеб кечIин, живгоги поэзия бичIчIулев чиян ккезе. Залалда ругел рукIуна тату хун, «дица цIеда хьаг тун букIана, гьаб гIазабалдаса кида рорчIилел?» - ин цояй, «хIамие чури кьезе кколаан, кидалъагIан гьанил рукIинел?» -ин цогидай. Ватсапалдаса гьудуласда бихьа-рагIаралъул бицуней лъабабилей.

ХIасил калам залалда букIуна ункъго батIияб къавм данделъун. ТIоцевесев – жинца хъвараб жо бащдаб жиндаго бичIчIулев, бащдаб бичIчIуларев «поэт», залалъе поэма цIалулев, кIиабилев – мухIканго гьес хъвараб жо чIанда букIинги лъалев, лъаниги лъалареб ххвелги гьабун, гIадамалги гуккун Къуручановасе рагIи кьолев АхIмадов, лъабабилел – «кидадай гьаб гIазаб тIаса босила» - ян зазида тIад чIарал гIадин гьенкьолел гIенеккарал. Ункъабилев – гьезул цонигияз гьабулеб жоги лъаларев, мухIканго гьеб амру тIасан букIинги лъан хIал рекъезабулев районалъул бетIер. Гьел чагIиги данделъун гьабулеб буго Дагъистаналда «Адабияталъул сон».

Сон рагIалде щолеб буго. Бугищха исана адабияталъулин лъазабураб соналъ кьураб, халкъалъ къабул гьабураб цониги кечI, къиса, хабар, пьеса? Гьеб суалалъе жаваб якъинаб буго. Нагагь хIакъикъияв МахIмудги Расулги загьирлъун гьединаб асар хъваниги, чан ватилев цIалдолев жакъа хъварабги бичIчIулев, гьелъул магIна босизеги лъалев? Гьел кIиялго – хъвалевги ватичIони, цIалулевги гьечIони щиб гьабизеха къварегIараб жо нилъее «адабияталъул сон»? Гьаб буго цIакъ кIудияб ва захIматаб суал. Лъалеб буго нилъ унеб нух дагьаб санагIат гьечIеб букIин, лъалеб гьечIо кире ине колел нилъали. Нужеда лъалищ? Щиб гьабизе кколеб адабияталда? ХIажатго бугищ гьебю нилъее жакъа? Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG