Ссылки для упрощенного доступа

"РекIел ахIиялъул" тIоцебесеб гьаракь


"РекIел ахIигун" фильмалъул презентациялда. Грозный, Авг2015
"РекIел ахIигун" фильмалъул презентациялда. Грозный, Авг2015

Гьал къоязда Грозныялъул кинотеатразда бихьизабуна чачан мацIалда бахъараб фильм. Гьелъул авторазул рагIабазда рекъон, гьеб буго чачаназул тIоцебесеб кино, амма кинокритикал гьеб пикруялда разиял гьечIо. Щай гьеб фильмалда сверун ахIи-хIур бахъараб ва сундул гьениб бицунеб бугеб? Эркенлъи Радиоялъе гьелъул баян кьуна чачан хъулухъалъул мухбир СултIанов АхIмадица.

Гьеб киноялда цIар буго «РекIел ахIи» абун. Гьелъул режисер ккола Чачан республикаялъул пачалихъалъулаб кинематографиялъул комитеталъул нухмалъулев Беслан Берекбаев. Фильмалъул автораз гьелда сверухъ пиар-акция гьабизе байбихьи бугин гьеб ахIи-хIур бахъиналъе гIиллайин абулеб буго СултIанов АхIмадица. Гьединго гьезие бокьун букIанин Чачаналъул тарихалда жаниб тIоцебе бахъараб кино гьеб букIанилан чIезабизе, амма гьел мекъи ругин, чанго кинофильм бахъун букIанин цебеги батIи-батIиял режисераз, ГIицIго цIияб гьеб фильм кколин Чачаназул доба бахъараб чанго серияздаса гIуцIараб тIоцебесеб кинофильмлъун. Сундул хIакъалъулъ гьеб фильм кколебали гьадин бицунеб буго СултIанов АхIмадица.

СултIанов АхIмад: «Фильм гIуцIун буго 12 сериялдаса. ГьабсагIат цо гурони серия жеги бахъун гьечIо, гьеб бихьизабуна кинотеатраздаги. Презентациялде Россиялдаса чанги машгьурал актерал рукIана ахIун, Никита Высоцкийги цогидалги. Абулеб букIана Андрей Кончаловскийги вачIине вугилан. Сюжеталъул бицани киналго сериалалго гIадин гьенибги буго рокьи ккарал гIадамазул бицунеб. Цо гIолохъанай, лъикIаб хъизамалда гIурай яс йокьун йикIуна цояв бечедав, цояв мискинав, кIиго гIолиласе. Ясалъ тIасавищула мискинасе ине, амма эбел-эмен гьелда разилъуларо, амма гIолилаз къотIи гьабула, кинаб захIмалъи дандчIваниги цоцадаса ратIалъичIого чIезе. Гьединго гьениб цо бутIа кколеб буго криминалалъги, гьелъие нухмалъи гьабулеб буго къватIисан. Гьез цо гьукъараб даран базар буго гьабулеб. Яс ячине гIарац щвезе гIололъун гьев мискинав гIолилас хIукму гьабула гьеб криминалалда гъорлъе лъугьине».

Фильмалда кколел лъугьа-бахъинал унел руго жакъасеб къоялда рекъон. Гьеб бахъун буго чачан мацIалда, гьединго субтитрал кьун ругин гIурус мацIалдаян бицана АхIмадица. Гьелъул авторазе бокьун рагIула фильм гIарабиязул хIукуматалдаги бихьизабизегиян бицана гьес хадубги.

СултIанов АхIмад: «Кино бахъараз рикIкIунеб буго фильмалъул кIвар буголъи бугин гьеб кинабго хъизамго цадахъ балагьизе бегьулеб букIиналъ. Гьенир гьечIине рихьизе намусал сценаби, толохIочарал руччаби гьенир гьечIин, киналго ясал гьенир ругин хIижабги чIванилан. Гьединлъидал гьезул ракIчIун буго жидер фильмалъухъ балагьизе бокьарал чанги чи ватулин гIарабазул хIукуматлдаян».

ЭР: «ЦохIо серия гурони щайха гьез бахъун гьечIеб, 12 серия гьедигIан гIемераб жо кколаро гуриш, гьеб лъабнусго серия гурелъул?»

СултIанов АхIмад: «Кинокртиказ фильм къабул гьабичIо. Гьезул ракIрекъон гьечIо фильм бахъарал чагIаз гьениб кинабго цIакъго роцIцIун бихьизабизе хIаракат бахъараб куцалда. Босилин руччабаз тIад кIаз чIваялъул тема гьениб бихьизабун бугеб куцалъул. Киналго тIад кIазалги чIван, цIакъго исламияб бичIчIи бугел чагIилъун рихьизарун руго фильмалда. Амма гьедин гьечIелъул. Руго гури Чачаналда къокъал юбкаби ретIун, биччан расгун хьвадулелги руччаби. дир хIисабалда гьеб гIиллаги, гьединго фильм бахъарал чагIазул махщел цебетIураб гьечIолъиги батизе бегьула гьелъие гIиллалъун».

ЭР: «Чачаналда гьединго бахъун букIана «Буюрухъ буго кIочон тезе» абурабги фильм. Гьебги гьабги дандеккун щибилан абилеб дуца?».

СултIанов АхIмад: «Гьеб кIиябго дандекквезецин рекъараб гьечIо. «Буюрухъ буго кIочон тезе» абураб кино гIемерго щвалде щвараб фильм букIана. Гьениб бицунеб букIана тIолабго чачан халкъалда хъинтIулеб тарихалъул хIакъалъулъ. Жиндир заманалда доб киноялъе щвечIо телевизоралдаса бихьизабизе изну кьолеб документ, гьединлъидал гьеб интернеталъул «Ютуб» видеоялдаса тIибитIизабизе ккана, гIадамазе балагьизе рес букIине».

ХIасил-калам «РекIел ахIи» абураб фильмалъ Чачаналда балагьарал асир гьаричIин, киназго гIад-хочI гьабунин гьеб киноян абулеб буго СултIанов АхIмадица.

XS
SM
MD
LG