Ссылки для упрощенного доступа

Депутатасул кумекчIужуялъул гьереси-видео


Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Евгений Федоровасул кумекчIужу Мария Катасоновалъ жийго яхъун йиго видеороликалда. Гьелда Украиналъул армиялъ Донбассалда сепаратистазул чIей бугеб бакIалде кьвагьулеб бугин бицунеб буго. Кьолеб буго гIарадабазул кьвагьиялъул гьаракь.

Гьениб Катасоновалъ бицунеб буго жий йигин Донецкалда рагъал унел бакIаздаса 400 метралъул рикIкIалъуда ва жий йигин «Восток бригадаялъул тIоцебесеб батальоналда цадахъин».

Гьеб видео бахъун лъугIарабго жийго Марияги гьеб бахъулел рукIаралги журала релъизе ва камераялъул канлъи речIчIула гьеб гьереси-видео бахъулеб букIараб рукъалъул къадазда.

Мария Катасонова – ккола Россиялъул радикалияб «Миллиябгун-хвасарлъиялъул багъа-башариялъул» активист. Гьеб багъа-башариялъул ишазда гьоркьоб буго Москваялда рагъде дандечIараб акциялде ва Москворецкий кьода тIад Немцовасул мемориалалъул тIалаб гьабулезде тIадекIанцIи гьаби ва гьелда релъарал цоги ишал.

XS
SM
MD
LG