16 августалъул бакъанида Усоколо мухъалъул Генуб росдада гIагар бугеб бакIалда низам цIунулел тIаде кккун руго гIага-шагар 9 чи вугеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялде. Гьоркьоб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кIигоял чIван руго, хутIарал ралагьулел ругилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул терроралда данде чIараб комитеталъ. ЧIваразул цояв кколев вугин Дагъистаналъул мугIрул секторалъул амирлъун тарав МухIамад ГIабдуллаев, Абу Дуджана абураб цIаралда гъоркь лъалевин тIаде жубалеб буго гьез.
30 сон барав ГIабдуллаев дагьав цевегIан тIад вуссун вачIун вукIун вуго Дагъистаналде. Россиялда гьукъараб «Имарат Кавказ» гуцIиялъул Дагъистаналъул секторалъул бетIер ГьаракIуниса СагIидица кIиго цIиял авлахъалъул командирал теялъул лъазаби гьабуна июль моцIалъул ахиралда. Гьезул цоявлъун тун вуго МухIамад ГIабдуллаевги, мугIрул секторалъул бетIер хIисабалда.
Абу Дуджанае рагъулаб хIалбихьи щванин Алеппоялдаса рикIкIад гьечIеб Шейх Сулейман абураб рагъулаб базаялда ва гьес гIахьаллъи гьабун бугин Башар ГIасадил режималда данде чанго рагъулаб операциялдайилан хъвалеб буго журналист Лиз Фуллерица.
16 августалда чIварав Абу Дуджана вукIанин ИКалъул бетIерлъуде вачIине рес бугев чи, гьев кколаанин гьабсагIат гьеб гIуцIиялда ругел ва тIагIунел ругел гIелму бугезул цоявилан рикIкIунеб буго ГIабдуллаевасда цадахъ Сириялда цIалулев вукIарав Шамиль МухIамадовас. Гьев мугIрул секторалул амирлъун тедал цо-цо информалатаз тIибитIизабунила хабар гьев «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда хурхен бугев ватизе рес бугилан, амма гьел харбал уял рукIинчIин баян гьабуна Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе.
Шамиль МухIамадов: «Цо росулъа рукIин гурелги, ниж цадахъ цIалулелги рукIана Сириялда. 2003 соналдаса бахъун, цо рокъор, цо чед кванан рукIана ва цадахъ цIалиги лъугIизабуна. Гьев кутакалда берцинаб гIамал ва хьвада-чIвади бугев вас вукIана. Абу ГIусман ва гьесда цадахъ цогидал чIвайдал, цо рохел букIана гIелму бугев гьев хутIанин, амма гьевги чIвана. Гьев чIаго вукIаравани лъикIалдалъун цебе инин ишилан хьул букIана. Гьесул ахирияб байгIат букIана ГьаркIуниса СагIидие байгIат кьей, гьелдаги абулеб буго гьес вореги цIунейин бусурбабазул би тIезейилан. Гьелдасан бичIчIула гьевго ГIалиасхIаб, Абу ГIусман ва гьевго Абу Дуджана вукIана гIелму бугезул».
«Исламияб пачалихъ» гIуцIи ва гьебго «Имарат Кавказ» кIиялгоги пачалихъияб режималде данде ругел ругин амма гьезул тIобитIулеб хIалти батIи-батIияб бугин баян гьабуна МухIамадовас.
Шамиль МухIамадов: «Гьел кIиялго гIуцIиял руго пачалихълде данде амма ИПалъ гIадатиял бусурбаби чIвалел руго мун муртад вугин, гьаб, доб гIиллабиги рачун гIассиял ишал руго гьарулел. Нилъеда лъала Кебеков ва Сулейманов рачIинегIан кьвагьиял ва цогидаб гIемераб би тIей букIараблъи. Гьел рачIингун гьеб тIагIана. Гьевго МухIаммад вукIана жакъа гьебго ИПалъул кверщел тIолго Шималияб Кавказалда тIибитIиялда дандечIей гьабизе вукIарав чи. Амма гьев чIвана. Кинаб ками ккарабали Дагъистаналда ругел бусурбаазеяли бачIунеб заманаялъ бицина».
10 августалда гьебго Генуб росдада гIагар чIварав ИКалъул бетIер МухIамад Сулейманов хисун вачIине рес бугевлъун экспертаз рикIкIунев вуго чачанав Асланбег Вадалов. Абизе ккола, Кебековасдаса хадувги Сулеймановасулгун цадахъ рехсолеб букIана Вадаловасул цIар, гьелдаго цадахъ экспертаз абулеб букIана Сулеймановасде данде ккун рагъулаб хIалбихьи Вадаловасул цIикIкIараб букIиналъул.
ГьабсагIаталда Вадалов рехсолев вуго аслияв чи хIисабалда. ЖамгIияв хIаракатчи Гейдар Джемалица «Кавказский узел» сурсаталъе баян гьабухъе, гьабсагIаталда ИКалъул позициял тархъун рукIиналдаса пайда босун гьелъул хутIелал «Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб гIуцIиялде гъорлъе ине рес буго. Амма «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул букIинесеб роцIараб гьечIин, гьеб баянлъилин гIуцIиялъул цIияв нухмалъулев тейгунин, гьев цIияв бетIер жеги цIар рагIичIев чиги вукIине рес бугилан рикIкIунеб буго Этно-политикиял халгьабиялъул институталъул вакил АхIмад Ярлыкаповас.
Гьанибго абизе ккола 17 августалъ, радал, МахIачхъалаялда гIагар бугеб Хушет росулъ чIван вуго хIалтIуде унев вукIарав полициялъулав. Гьелда бан ЦIех-рехалъул комитеталъ рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Такъсирчи валагьулев вугилан лъазабулеб буго низам цIунулезул сайталда. Полициялъул хIалтIухъаби чIвай къанагIалъун букIанин Дагъистаналда ахираб заманалда. Дагъистаналде чIвай-хъвеял тIадруссунел ругищали абизе жеги цудун бугин абулеб буго экспертаз.