Аслияб куцалда бакъбаккул рахъ лъазабулев чи, иранист хIисабалда лъалев вукIарав МухIамад-Нури ГIусманов 20 соналъ цеве машгьурлъана Къуръаналъул таржама гьабиялдалъунги. ТIоцебе гьеб басмаялде бахъана 1995 соналда, кIиабизе – 99, лъабабилеб нухалъ бахъана 2007 соналда.
МухIамад-Нури ГIусманов машгьур гьарурал гIелмиял хIалтIабазул бицани, гьел кколин Фирдоусилгун ГIумар Хаямил хIакъалъулъ гьес хъварал тIахьалги, «XI-X гIасрабазда парсгун тажиказул шигIруялъул къагIидаялъул» хIакъалъулъ хъвараб кIудияб монографиягиян бицана ЭР-ялъе МахIач Мусаевас.
Гьев ккола тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул рахъалъ Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе гIуцIараб институталъул нухмалъулев.
МахIач Мусаев: «Гъов СССРалдаги Россиялдаги рикIкIунаан Ираналъул мацI, маданият, адабият лъикI лъалев чиян. Тажикистаналда, Узбекистаналда гIезегIан руго гьеб рахъалъ церетIурал гIалимзаби. Амма МухIамад-Нури ГIусманов гьездасаги лъикIавин рикIкIунаан. Гьелъие къиматги кьуна.
Ираназул шагьгун дандчIвана гьев, Иорданиялъул ГIелмияб академиялъул вакиллъунги вищана. Цогидал хIукуматаздаги кIодо гьавулаан гьев. Россиялъул хIукуматалъул премьер-министрлъунги вукIарав Евгений Примаковас (ГIелмабазул академиялъул Бакъбаккул рахъ лъазабиялъул институталъул нухмалъиялда вугеб заманалда) ахIун вуго МухIамад-Нури ГIусманов, цинги абун буго Къуръан гIурус мацIалде буссинабизе кколин.
Крачковскиясул гурони таржамаги гьечIин, гьебги гьабизе кколин бусурманчияс. Мун бусурманчи вугелъул, дуца гьабейин гьеб (гъос какги балаан, кIалги кколаан). Гьедин байбихьун буго МухIамад-Нури ГIусмановас Къуръаналъул таржама гьабизе».
МухIамад-Нури ГIусмановасул таржамаялъул батIалъи бугин тафсирал гьарийин рикIкIуна МахIач Мусаевас. Гьесде щвезегIан гьеб лъицаниги гьабун букIинчIила. Щибаб аят ккун Къуръаналъул таржама гьабизе дунялалда тIад лъиданиги кIвечIин жегигиян мукIурлъула гIалимзаби. Гьедин рагIи-рагIи ккун таржама гьабизе лъугьани, гIадамазда гьеб бичIчIичIого букIинеги бегьулилан, МухIамад-Нури ГIусмановас тIаса бищун буго аятазе баян кьолеб къагIида.
Гьесул таржамаялъул хадусеб хаслъилъун ккола магIнаялъул рахъалде кIвар кьей. Гьелъие гIоло таржамачияс ункъбокIонал скобкабазда жаниреги рачун Къуръаналда гьечIел, амма гьелъул магIна камил гьабулел рагIаби кьолел руго.
Гьединго махщалил рахъалъ филолог вукIиналъ, МухIамад-Нури ГIусмановас гIурус мацIалда гьабураб таржама бищун камилаб бугин рикIкIунеб буго тарихчи МахIач Мусаевас. Аллагьасул калам щвалде щун цониги мацIалде буссинабун бажаруларин, гьединлъидал гьелъул таржама гьабизе бегьуларин абураб пикру буго Дагъистаналда гIемерисел гIалимзабазул.
Гьеб жо Нури ГIусмановасдаги лъалаанин, амма немец, ингилис, паранг ва цогидал мацIазда гьабун бугеб лъикIаб таржама гIурус мацIалда щайин букIине бегьуларебин кколаанила гьев гIалимчиясда. Гьедин бицана МахIач Мусаевас ЭР-ялъе. МухIамад-Нури ГIусмановас таржама гьабулеб заманалда гIурус мацIалда Къуръаналъул гьабураб таржама гIицIго Крачковскиясулгун, гьединго кочIохъе гьабураб таржама Пороховалъулги букIанила.
Амма Крачковскиясги гьеб басмаялда бахъизейин гуреб, гьадинго студентазе лекция хIисабалда хIалтIизабизе гьабун букIун буго. ТIадежоялъе динияв гIалимчиги вукIинчIо гьев, гьединго тафсиралги рукIинчIо гьесухъ. БукIун буго жеги чанго таржама 18-19 гIасруялда гIарабалдаса гуреб, ингилис мацIалдаса тIаса-масаго гьабураб.
МухIамад-Нури ГIусмановас гьабураб таржамаялъул гIунгутIи бугин кочIохъе хъвараб Къуръаналъул стилистика гьес цIуничIолъиян бадибчIвала цо-цо гIалимзабаз. Гьениб яги магIнаги нахъе цун, шигIрияб рахъалде кьезе кколаанин кIвар, яги шигIруги нахъе цун, магIнаялъул рахъ камил гьабизе кколаанин, гьединлъидал жинца магIнаялъул рахъ тIаса бищанин жаваб кьолаан Нури ГIусмановас.
ГIадан хIисабалдаги цIакъ гIадатияв чиги вукIанин Нури ГIусмановилан тIаде жубана тарихчи МахIач Мусаевас.
МахIач Мусаев: «МухIамад-Нури ГIусмановасул вац вукIана МухIамад-Загьир абун, лъикIав этнограф. Гьесда лъалаан магIарул мацI. МухIамад-Нуридаги гIолохъанаб мехалъ лъалеб букIун буго. Амма Москваялда цIалулеб мехалда гьеб хIалтIизабизе рес букIинчIого, кIочон тун буго. ГьитIинаб мехалда Гъунир цIалулел рукIун руго гьел. Гьединго гьезул Хважалколо росуги магIарулазда аскIоб бугелъул. Гьедин бухьен букIун буго магIарулазулгун. МухIамад-Нурида гьединго рекIехъе лъалаан жидерго, даргиязул шигIруги. ЦIакъ лъикIав, интересав чи вукIана».
Къуръаналъул гIурус таржама гьабун хадуб, 2002 соналда, МухIамад-Нури ГIусманов мустахIикълъана РФялъул пачалихъияб премиялъе. 2003 соналда гьесие кьуна РФялъул мустахIикъав гIелмияв хIаракатчи абураб цIарги.