Рузман къоялъ Кубаялъул тахшагьар Гаванаялда цIирагьараб Цолъарал Штатазул вакиллъиялъул минаялда тIад Америкалъул байрахъ борхизабун букIана. Вашингтоналъулгун Гаванаялъул дипломатикияб бухьен тIад чIезабиялда хурхараб рохалилаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.
Гьес абуна гьеб тадбир бугин тарихияб пара. Ва тIаде жубана, Америкалъ Кубаялде ахIи базе бугин политикиял хиса-басиял гьариялде. Америкалъулгун Кубаялъул дипломатикиял бухьена гьоркьоса къотIун рукIана 1959 соналда гьениб букIараб инкъилабалдаса нахъе.