Ссылки для упрощенного доступа

Санкциялъул нигIматал Дагъистаналдаги хвезаризе руго


Европаялдаса рачIунел кванил нигIматазе Россиялъ гьукъа-къай лъазабуниги кингоги гьел Россиялде рачIин гьоркьоб къотIун гьечIо. Гьелда бан Россиялъул тIалъиялъ хIукму гьабуна гьукъарал кванил нигIматал гIорхъодаго ккун тIагIинаризе. Официалиял баяназда рекъон гьанжеялдаго тIагIинабун буго бащдаб миллион гIанасеб тонна гьукъарал нигIматазул. Гьанже гьел нигIматал тIагIинарулел хасал бакIал хIадуризе ругин Дагъистаналдагиян лъазабуна республикаялъул ХIукуматалъул нухмалъулев хисулев Шарип Шариповас. Кинаб бугеб гьелда тIасан гIадатиял дагъистаниязул пикруяли цIех-рех гьабуна нижеца.

Гьел кванил нигIматал тIагIинарулел бакIал гIуцIизе рагIула Дагъистаналъул Гъарабудагъкент, Дербент ва МухIарамкент мухъаздаян абуна Шарип Шариповас 11 августалда тIобитIараб хIукуматалъул данделъиялда.

Гьедин гIорхъода хал гьабулаго Цолъарал штатаздаса, Норвегиялдаса, Канадаялдаса, Австралиялдаса гьединго Евро-шураялде гъорлъе унел цогидал хIукуматалъул нигIматал гьел ратани гьеб бакIалдаго тIагIинаризе ругин гьелилан абуна вице-премьерас.

Гьеб кинабго гьабулеб бугин нилъерго пачалихъалъул ихтиярал цIуниялъул мурадалдаян абуна гьес.

Россиялъул гIорхъода гьел кванил нигIматал тIагIинаризе бабйихьидал халкъалъул цо бутIаялъ абулеб букIана кунеб жо гьедин тIаде тракторалги риччан мерхьинчIого гьелде хIажатав чиясе садакъаде кьезе бегьуларищан. Чанги руго гурищин мадугьалихъ ругел Украинаялдаса байбихьун, ракъуца кIотинарун ругел Африкаялъул пачалихъалда ругезде гIунтIун гьединал чагIи.

ТIадежоялъе ризкъиялда гьединаб къо чIезаби диналъги какараб, мунагь буге жо кколиланги абулеб буго гьез. Нижеца цIех-рех гьабуразул пикраби цоцада релъарал гьечIо. ШаригIаталъул рахъалдаса балагьани кунеб жо тIагIинабиги, гьеб исрап гьабиги мунагь бугеб жо кколилан абулеб буго Буйнакск мухъалъул имам ГIабдулкарим-хIажи МухIамадовасги.

ГIадатиял дагъистанияз абуни гьадинаб пикру загьир гьабуна нигIматал хвезаризе гьабураб хIукмуялда тIасан

МухIамад Гъазалиев, Шамил Мухъалъул Гьандихъ росу: «НигIматалда тIад хIетIе чIезе бегьуларин, гьеб кодобе босизе кколилан малъула нилъеда гьитIинаб къоялдаса нахъе. Кинаб ракI букIине кколеб гIадамасул тIубарал «Камаз» автомобилал цIураб кванил нигIмат мерхьунеб, бухIулеб бугеб мехалъ?

РиччачIого те гьел нилъер гьанире, гьедин ризкъиялъе гIакъуба кьезегIан. Халкъалда цебеги босун гьединаб инжитаб хIалалъ нигIмат хвезабиялда дандечIарав вуго дун, боцIуе кье, гьеб хIажатал гIадамазе садакъаде кье, гьедин хвезабулеб жо букIунебиш?».

ХIайбула ГIабдулгъапуров, Аварт театралъул бетIерав режисер: «Эл кванил нигIматалдила гьоркьор заралиял жал ругилан абун хвезарулел ругилан абулеб буго гьез. Гьедин гьеб батани тIоцере гIебеде ритIун чахьалгун ругел, гъол таможныялъул хIалтIухъаби цIазе ккола тамихIалде, гьанжелъагIан гьединаб заралияб жо нилъее гьанибе биччалел рукIарал. КIиабизе бугони, ризкъиялъе гьединаб къо гьикъизе бегьулебиш? Гьединаб инжитаб куцалъ хвезабичIого гIадамазе садакъаде кьеха»

Ашаханил ПатIимат, Гъуниб мухъалъул Гьонода росу: «БитIун гьабулеб буго Путиница, хIалчIахъаги эсул. Доба Европаялдаса бачIараб кванил нигIматазде хьул-хьудилеб течIого Россия, жидецаго хурги бекьизе, бокьги бахъизе тIаме. Нилъецаго гIезабе пихъги, гьанги, тIощелги. Россиялъул ракь гьитIинаб букIунищ дозулалдаса?»

ЭР: «Гьедин кванил нигIматал хвезарунилан хIакъ букIунаребищ?»

Ашаханил ПатIимат: «БукIунаро. Доба те жидерго квен, Путин мунагьалъе ккезавизе анибе битIичIого. Гьенир гъорлъ ратизе бегьула нилъее заралиял жалги. Масала, картошка хвезабизе анибехун биччараб Колорадоялъул хIутI гIадаб жоха. Къазе биччаге анибе дозул тIощелги, пихъги, гьанги.

Нилъер Россиялъул ракь дагьабищ бугеб пихъилгун цIолбол ахалги гIезаризе, гьан гIезабизе боцIиги хьихьизе. Телефоналги кодор ккун, рега-рахъун рукIинчIого, гIолилалги рахъайин абеха хIалтIизе».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас абуни рахъкколеб буго гьел нигIматал гIорхъодаго тIагIинаризе пачалихъалъ гьабураб хIукмуялъул.

ГIисалмухIамад Набиев: «Хвезарулел гьечIо гъоз кванил нигIматал. Къанун хIалтIизабулеб буго гьез. Контрабанда жанибе бачIараб мехалъ, гьеб хвезабизе ккола. Гьениб квеш ккезесеб жо буго гIорхъода чIарал чагIаз хвезарунилан документалги гьарун, хIакъикъаталда изну кьезе букIин гьединаб продукция биччазе. Гьедин гьел бечелъизе руго. Гурони къанун хIалтIизабизе лъугьунилан жо абизе бегьуларо.

Гьединго гьелъул лъикIаб рахъ буго кванил нигIматал гIезарулел нилъер фермеразе, росдал магIишаталда хIалтIулел чагIазе рес щолеб букIин жидерго гъиналдалъун гIезабураб жо бичизе. Гьелда дандечIарал чагIиги руго гьадинго хабар бицунел чагIи. Гьединал чагIи гIемер рукIуна хIукуматалда».

Гьукъарал кванил нигIматал хвезаризе байбихьарал къоязда Санкт Петербург шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамал къватIире рахъун рукIана гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабун. Аслияб куцалда гьел рукIана кIудияб ватIанияб рагъул заманалъ ракъуца гIемераб къо бихьарал, блокадаялъулаб Ленинградалда гIураб гIелалъул гIадамал.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG