Ссылки для упрощенного доступа

Хунзахъ чуял риччай


8 августалда Хунзахъ тIобитIун буго чуял риччай. Тадбир тIобитIун буго «Сумма» абураб компаниязул къокъаялъул нухмалъиялъул квербакъиялдалъун. Чуязул спорт Дагъистаналда цебегоялдаса нахъе тIибитIараб бугин ва гIолилазул гьелде рокьи базабизе кколин лъазабуна жиндирго кIалъаялда чуял риччаялъухъ балагьизе вачIарав Дагъистаналъул муфтий АхIмад–хIажи ГIабдуллаевас.

АнцIазаргоялдаса цIикIкIун чи вакIарун вуго 8 августаль Хунзахъ мухъалъул Хунзахъ росдада тIадехун бугеб ГIалагIарт абураб бакIалде. Гьенир тIоритIун руго Дагъистаналъул муфтий АхIмад-хIажи ГIабдуллаевасул цIаралда лъазабураб чуял риччай. ТIолго республикаялдаса гурелги гьеб тадбиралда гIахьаллъизе рачIун руго Чачан, Ингушетия, Гъабардаязулгун балкаразул республикаялъул ва Пятигорск шагьаралъул вакилзабиги. ГIаммаб куцалда риччазе лъазарун рукIун руго 135 чу.

Гьезул аслияб бутIа кколел руго би бацIцIадал, лъикIаб наслуялъул чуял.

Чуяр риччаялъухъ валагьизе вачIун вуго живго Дагъистаналъул муфтий АхIмад-хIажи ГIабдуллаевги. Гьелдаса цебесеб къоялъ, 7 августалда Хунзахъ мухъалде рачIун руго МухIаммад аварагасул (с.гI.с.) асаралги, тахшагьаралдаса ва цогидал регионаздаса рачIарал гьалбал гьезухъ ралагьун хадуб байбихьун буго чуял риччазе.

Кинабниги риччазе рукIун руго 4 свери чуязул, ама гIахьаллъизе бокьарал гIемер рукIиндал цоги свери тIаде бахъун буго. Гьеб кинабго гьабунин гьенир гIахьаллъизе бокьарал гIадамазе гьеб рес кьезе, батIалъи гьечIогон, лъикIаб наслуялъулищ чу бугеб яги гIадатиябищ бугебали, киназего щванин рес гьенир гIахьаллъизейилан абулеб буго гьеб тадбир гIуцIараз

ТIоцебесеб сверириялда бергьун буго Хасавюрталдаса Сайгидпаша ГIумахановасул чу, кIиаблеб свериялда бергьенлъи босун буго БакьайчIи росулъа МухIамад Абакаровас, лъабабилеб свериялда цеве ккун вуго ГIандиса Шамиль Абакаров, ункъабилеб свериялда, анкьго свери бахъизе кколеб букIараб, бергьенлъи босун буго Чачаналъул Шатой мухъалдаса Арслан Бучулаевас.

Киналниги тIоцебесеб бакI ккуразе кьун буго «Лада Приора» автомобилал, кIиабилеб ва лъабилеб бакIал ккуразе 50 аза-азар ва 30 аза-азар гъурущ Хунзахъ мухъалъул тIалъиялъул рахъалдасан. Чуял риччай гIуцIараб ва гьелъие аслияб квербакъи гьабурал чагIилъун кколел руго «СУММА» абураб компаниязул къокъаялъул бетIер Зиявудин МухIамадов.

Чуял риччаялъул тадбир рагIалде бахъун хадуб Дагъистаналъул муфтияс журналистазул суалазе жавабал кьуна. Кинаб бугеб букIинесеб чуязул спорталъул ва кинаб асар гьеб тадбиралъ гьабуралабали бицунаго АхIмад-хIажи ГIабдуллаевас баян гьабуна чIвай-хъвеял, кьвагьа-гIанхъи бихьизабичIогон, гьелде гIолеб гIел буссинчIого букIине гьединал тадбирал рихьизаризе ккелин гIолилазда ва мисал гьабизе ккелин гьезиейилан.

АхIмад-хIажи ГIабдуллаев: « Берцин бихьун букIана гIолеб гIелалда цо заманаялъ кьвагьияздалъун чIвай-хъвеяздалъун жалго рихьизаризе. Гьедин рихьизаричIого гIолеб гIелалъ жалго рихьизаризе рукIине спорталъулъ гIахьаллъун ва гьадиналго чуял риччаялда гIахьаллъун, гьезие мисал кьезе ккола. Гьединаб нухдасан бегьула жидерго цIар рагIизабизе ва гIадамазеги ватIаналъеги пайдаяллъунги рукIине, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул ва Россиялъул цIар тIолго дунялалда рагIизабизе».

Тадбиралдаса хадуб кIалъазе вахъарав Хунзахъ мухъалъул нухмалъулев СагIид Юсуповас лъазабуна гьеб тадбир санайилаблъун гьабизе бугин ва чуял риччай умумузулъанго бачIараб жакъаги гIолеб гIелалда кIочене бегьиларилан.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG