Ссылки для упрощенного доступа

МухIу ГIалиевасе 75 сон


МухIу ГIалиев (кванариса) жиндие 75 сон тIай кIодо гьабиялъул тадбиралда Хунзахъ, 01Авг2015
МухIу ГIалиев (кванариса) жиндие 75 сон тIай кIодо гьабиялъул тадбиралда Хунзахъ, 01Авг2015

Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасе 75 сон тIубаялда бан Дагъистаналда тIоритIана батIи-батIиял байрамалъулал тадбирал. Жакъа дагъистанияз гьев кIодо гьавулин политик хIисабалда ва гьесул президентлъиялъеги лъикIаб къимат кьолин, амма президентлъиялде гьесул вачIин къабулаб букIинчIин халкъалъейилан абулеб буго цо-цояз. Гьединазул цояв ккола нижер мухбир Алиса Алдашевалъ гара-чIвари гьабурав «Дагъистан» даптаралъул редактор БисавгIалиев МухIамад.

Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасе 75 сон тIубаялда бан Дагъистаналда тIоритIана батIи-батIиял байрамалъулал тадбирал. 1 августалда Хунзахъ мухъалда кIодо гьабуна МухIу ГIалиевасул юбилеялда. Жакъа дагъистанияз гьев кIодо гьавулин политик хIисабалда гьесул президентлъиялъеги лъикIаб къимат кьолин, амма президентлъиялде вачIин къабулаб букIинчIин гьесул халкъалъейилан абулеб буго экспертас.


6 августалъ 75 сон тIубалеб буго Совет союзалъулги, Россиялъулги, Дагъистаналъулги жигарав политик, Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу Гьиматович ГIалиев гьавуралдаса. Гьелда бан, 1 августалда Хунзахъ мухъалда тIоритIана волейболалъул турнир ва цогидал байрамалъул тадбирал


МухIу ГIалиев гьавуна 1 940 соналъул 6 августалъ, ДАССРалъул Хунзахъ мухъалъул ТIануси росулъ. 1947 соналдаса 1957 соналде щун цIалана ТIануси росдал анкьго класс бугеб школалда, гьелдаса хадуб цIали халат бахъинабуна Избербаш шагьаралъул нтернаталда. 1962 соналъ тIадегIанаб даражаялда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университет. ЦIалул заманалдаса бахъун МухIу ГIалиев вукIана батIи-батIиял хIалтIабазда, МхIачхъалаялъул горкомалъул секретарь, Советский мухъалъул райкомалъул ТIоцевесев секретарь ва цогдила . 1995соналдаса 2006 соналъул февраль моцIалде щвезегIан - Дагъистан республикаялъул Халкъияб мажлисалъул нухмалъулев. 2006 соналъул февраль моцIалда МухIу ГIалиев тана Дагъистан республикаялъул президентлъун. Живго МухIу ГIалиевас жиндирго политикаялда бугеб нухалъул абулеб буго жинца гIумру гьабулеб ва хIалтIулеб заман кканин Хрущевасулаб оттепельги, Брежневасулаб застойги, Горбачовасул хис-басалги, Ельцинил багъа-бащри гIемер бугеб 90 соналги, Путин-Медведев тандемалъ нухмалъи гьабулеб заманаялдеги. Гьел хиса-басиязда, штампазда, формулабазда нахъа бугила нилъер тарихги, нилъер халкъалъул гIумруги, гIадамазул рохелги къварилъиги, бергьенлъабиги къеялги, гьеб кколин жакъасеб нилъер гIумруялъе кьучI лъурал гIадамазул заман. Жакъа дагъистанияз МухIу ГIалиев цIакъго кIодо гьавун, гьес гьаричIел ишалцин ургъун гьесие хъван кIодо гьавулев вугин, амма президентлъиялде вачIин гьедин къабул гьабулеб букIинчIин дагъистаниязин абулеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.


МухIамад БисавгIалиев: «МухIу ГIалиев , 2006 соналъул хасало президент хIисабалда тIами къабул лъикI гьабун вбукIинчIо Дагъистаналда. Къабул гьабичIолъиялъе гIиллаги букIана анцIила хаду соналъ гьев МухIамадгIали МухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь парламенталъул спикерлъун вукIиналъ гьев. Гьев президентлъун ккеялъе квербакъиги гьабун букIун буго МухIамадгIалица, жиндаго лъалев чи гьенив вукIин лъикI букIинилан абун. Гьелдаса бачIараб букIана «Руль гьечIеб мерседес» абураб анекдотги. Амма президентлъун ккун хадуб дагьабго заманалдаса МухIу ГIалиевас политикияб мурадалда спикерлъун тун вукIарав гьесул васги нахъе витIана, тухумчилъиялда данде рагъги лъазабуна. Гьедин хисун вукIана республикаялъул ФСБялъул нухмалъулев, респуликаялъул прокурор ва цогидал къуваталъул идараялъул хIакимчагIи. Гьев вукIана рагIи билълъарав, амма гьесул мурад букIинчIо жиндирго мурадалда кинав вукIаниги хIакимчи нахъе вахъи яги тей».

МухIу ГIалиев (бакьулъ) жиндие 75 сон тIубай кIодо гьабиялъул тадбиралда Хунзахъ, 01Авг2015
МухIу ГIалиев (бакьулъ) жиндие 75 сон тIубай кIодо гьабиялъул тадбиралда Хунзахъ, 01Авг2015

Федералияб централъ МухIу ГIалиевасе республикаялда тIубараб кверщел кьун букIинчIила, масала муниципалиял яги шагьаразул бутIрул мутIигI гьаризе, амма жакъа Рамазан ГIабдулатIиповасул ругел ресаздаса гIемер рукIананила гьесул ресал.


МухIамад БисавгIалиев: « Федералияб централъул ресги сурсаталги гIемераб заман букIана гьеб. Ункъо соналда жаниб республикаялда рана гIемер социалияб кIваралъул объектал. Цоги букIана гIуцIцIун «Горячая линия президета», гьеб букIана кутакалда хехаб реакция щолеб ва хIакимзаби хIинкъулеб жо. ХIасил кинаб букIараб МухIу ГIалиевасул президентлъиялъул абуни, социалияб рахъалъ гIизагIан церетIеял рукIана. Халкъалда гьркьоб гьабсагIат гьесул рахъалдасан лъикIаб пикру буго, тIаде жидецаго ургъарабги буго, масала МухIу Храх-убы ва Урья-уба абурал росабазул ракьал ва Самур гIурул бутIа Азербайджаналъул рахъалъе кьеялда данде вукIиналъ нахъе витIанилан абун, амма гьеб битIараб гьечIо, кигIан диегоги битIараблъун гьеб букIине бокьананиги. Амма гьелдасан бихьула гIадамазул гьесдехун лъикIаб даража бугеб бербалагьи букIин».

ГьабсагIаталда МухIу ГIалиев вуго хIалхьиялда, гьес гIахьаллъи гьабулеб гьечIо республикаялъул политикияб гIумруялда, амма жиндирго хIалбихьиялъул ва депрессивияб регионалъул модернизацияб гьабиялъул гIунгутIабазул хIакъалъулъ тIахьал хъвалел ва рахъулел руго гьес.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG