Ссылки для упрощенного доступа

Туркиялда 2 рагъулав хъулухъчи чIван вуго


Туркиялъул Диярбакыр шагьаралда итни къоялъул сардилъ автомобиль кьвагьизабун, кIиго рагъулав хъулухъчи чIван вуго, жеги ункъгояв лъукъана.

Щварал баяназда рекъон машина кьвагьана аскIоса рагъулаб автоколонна унеб мехалда. Диярбакыр шагьаралъул тIалъиялъ лъазабухъе, гьеб теракт букIанин. Террористаллъун тIадтараз гьенир рикIкIула Курдазул къеркьохъанал.

Курдистаналъул хIалтIул партиялъ лъазабуна, гьанжеялдаса жидеца Анкарагун гьабураб ракълилаб къотIи-къаялъул шартIал цIунизе гьечIин. Гьединаб лъазаби загьирабун буго араб рузман къоялъ Туркиялъул авиациялъ ГIиракъалъул Шималияб рахъалда бугел курдазул позициязде гьавадул гьужумал гьарун хадусала.

Гьединго Туркиялъул аскарияз гIарада бана Сириялда «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназ чIей гьабулел бакIазде.

XS
SM
MD
LG