Ссылки для упрощенного доступа

А.Давудоглъу: " Туркиялъ нахъеги гьужумал гьарила террористазде"


Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудогълуца лъазабуна, Сириялъул территориялда ругел «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназул бакIазде гьалкъоязда гьарураал гьавадул гьужумал халат бахъине бугин.

Туркиялда тIадаб гьечIо Сириялде цебеккунго лъазабизе, гьадинал рагъулал операциял гьаризе ругин абун.

Нагагьлъун Туркиялъул гIурхъабазе хIинкъи щвани, улкаялъул яргъид гIуцIарал къуватазе буюри кьун буго, хъващтIан данде кколел тадбирал гьаризе, ян лъазабуна Туркиялъул премьер-министрас.

XS
SM
MD
LG