«Америкаялъул гьаракь» радиоялъе интервью кьолаго, Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, Ираналдаса халкъаздагьоркьосел санкцияби тIаса рахъиялъул процесс байбихьизе бегьулин анлъго моцIидасайин.
«Санкцияби тIаса рахъизе байбихьилелда цебе Ираналъ ва Халкъаздагьоркьосеб атомияб энергиялъул агентлъиялъ гьаризе кколел галаби руго», - ян абуна Керрица. Санкциязда хурхарал мухIканал болжалал рехсей захIматаб жо кколин, кинабго жо бараб букIине бугин, кинал галаби гьанжеялдаса гьаризе ругелалийин, жубана Керрица.
Мисалалъейин, абуна пачалихъияв секретарас, Ираналъулгун I4 июлалда гьабураб къотIи-къаялда хурхун Конгрессалда гьанжеги рукIинчIин гьаркьал кьеялъул процедурайин. Гьеб документ гьоркьоб лъеялъе Америкаялъул къанунал рахъулезул буго гьанжеги 60 къо.
Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, жинца вето лъезе бугин Тегераналъулгун гьарурал къотIи-къаял гIумруялде рахъинаризе квал-квал гьабулеб Конгрессалъул бокьараб хIукмуялъейин.
20 июлалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ киналго рахъаз гьаркьал кьун тасдикъ гьабуна Ираналъулгун халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъул къотIи-къай.